Араб соналъ гьабураб хӏалтӏул хӏасилазул бицине ДРялъул МВДялъул министр Гӏабдурашид Мухӏамадовас 23 январалда жиндихъего ахӏун рукӏана СМИязул бетӏерал редакторал.
2018 соналде дандеккун, 2019 сон низам цӏунулезул идараялъе парахатаб букӏанин бицана министрас.
Кӏудияб хӏалтӏи гьабунила экономикиял, гьединго изну гьечӏого рокъоб ярагъ цӏуниялда хурхарал такъсирал рагьиялъе.
2019 соналда тӏатинабун буго гьединаб 1600 хӏужа. Наркотиказда сверунги ахӏвал-хӏал хӏинкъизе ккараб куцалда бугин бицана Гӏабдурашид Мухӏамадовас. Россиялъул чанго регионалда наркотикал тӏиритӏизарулеб батараб кӏудияб къокъа ккун буго гьез.
Министрас гӏайиб-гъел гьабуна жидерго пресс-хъулухъалдеги. ДТПялде ккарав ялъуни нухазул къанун хвезабурав шоферас жинда гӏайиб кканилан абурал видеороликал тӏиритӏизари цӏакъ берцин бихьун бугила гьезда. Гьединаб видео бахъизе бегьилин, живго гьев чи разилъаниян абуна Гӏабдурашид Мухӏамадовас. Амма чиясеги бокьичӏого гьев камераялде вахъизе нужер ихтияр гьечӏила. Машина бачунаго рекъечӏеб иш ккунилан гьесул батӏияв чи лъугьунарин, нилъго гӏадинав гӏаданлъун хутӏулин тӏадеги жубана.
Гьединго МВДялда цебе бугеб Жамгӏияб Советалде гъорлъе «Черновик» газеталъул вакилги вачине вугин бицана Гӏабдурашид Мухӏамадовас.
А. Юсупов