Арбагӏ къоялъ Махӏачхъала шагьаралъул мэр Салман Дадаев дандчӏвана республикаялъул СМИялъул вакилзабигун. Гьенир гӏахьаллъаразда гьоркьор рукӏана миллиял газеталъул нухмалъулелги.

Гӏодове виччарав, жинцаго бицунеб жо мухӏканго дандиясда бичӏчӏизабизе гьунарги гъваридаб лъайги бугев чи вугоан Салман. Гьединлъидал дандчӏвай кутакалда интересаб, рагьараб ва ишалъулаб ккана.

Гӏолохъанав шагьаралъул бетӏерас битӏахъе гъаргъар бан ва ракӏ унтун бицунеб букӏана Махӏачхъалаялъул гьумер хисизабиялда ва гьениб гӏумру гьабулел гӏадамазул рукӏа-рахъиналъулаб даража борхизабиялда сверухъ ахираб заманалда гьабурабги гьабизе ракӏалда бугебги хӏалтӏул, дандчӏвалел захӏмалъабазул, квалквалазул хӏакъалъулъ.

— Нужедаго лъан букӏине ва данде кквезе, дица лъабго тарих рехсела,- ян абуна С. Дадаевас. — Воронеж шагьаралда гӏумру гьабулеб буго миллионгун лъабкъоялда анцӏазарго чияс. Пермалдаги гӏага-шагарго миллионгун нусазарго чияс. Воронежалъул лъагӏалилаб бюджет бащалъула 12 млрд. гъурщида, Пермалъул — 30 миллиардалда. Махӏачхъалаялда гӏумру гьабулеб буго 1,5 миллион чияс. Нужер хӏисабалда, нилъер бюджет кигӏаналъ цӏикӏкӏараб букӏине кколеб? Ккола, амма цӏикӏкӏараб гьечӏо. Гьелъул гӏаксалда, чанго нухалъ дагьаб буго — гӏицӏго 9 миллиард гъурущ буго шагьаралъул лъагӏалил бюджет. Гьеле нужее киналго унтарал суалазе чӏванкъотӏараб жаваб. Гӏарцул мукъсанлъиялъ кӏолеб гьечӏо ракӏалда ругелщинал лъикӏал пикраби-къасдал гӏумруялде рахъинаризе ва шагьаралъул гӏадамазул гӏумру бигьаги цӏиги гьабизе.

Хадуб шагьаралъул бетӏерас бицана араб соналъ налогал ракӏариялъулъ лъикӏаб туркӏи кканилан, жеги таманал суалал бергьенлъиялда тӏуразарунилан, халкъияб магӏишаталъул цониги бутӏаялда хутӏичӏила жиндир яги жиндир командаялъул чагӏазул бер щвечӏеб суал.

Салман Дадаевас хасаб кӏвар буссинабуна изну кьеялъул кагътаз шагьаралда кинабго жо хвезабун бугилан. Законалде дандекколарел, батӏи-батӏиял нухаздалъун, ресаздалъун ва къагӏидабаздалъун щварал кагътазул кьучӏалда рарал минабазулги, объектазулги, ишазулги хадубккун букӏунеб бугила кӏудияб заралги ботӏрол унтиги. Араб соналъ цониги изну кьеялъулаб кагъат администрациялъ кьечӏила, МВДялъул иргаялда чӏарал чагӏазе мина баялъе гурони.

Гӏемерал суалазе чӏванкъотӏарал жавабал кьуна шагьаралъул мэрас.

Ахиралда шапакъатал, ай Баркалаялъул кагътал кьуна шагьаралъулаб тема цӏикӏкӏун ва профессионалияб къагӏидаялда жидерго газетазда ва сайтазда борхарал газетазе.

Гьезда гьоркьор ругоан «Замана», «Лезги газет» ва «Зори Табасарана».

Баркалаялъул кагъат щвана, гьединго РГВКялъул «Время новостей. Махачкала» передача бачуней Динара Мусаевалъеги.

Хӏукму ккана гьадинал дандчӏваял кварталалда жанир цо нухалъгӏаги тӏоритӏизе.