Нужеда ракӏалда батила, 2012 соналъ Хунзахъ районалъул Макьасда курорт базе байбихьун букӏана. Чанго нухалъ нахъги бахъун, чӏун хутӏана гьениб гьабулеб букӏараб хӏалтӏи. Гьанже цӏидасанги гьеб проекталде тӏадруссине хӏукму ккана нилъер республикаялъул нухмалъулезул.
16 январалда гьеб суал гьоркьоб лъураб данделъиялда премьер-министр Артем Здуновас бицана Макьасда курорт базе бахъун букӏараб проект рехун тун дандекколарин, гьениб тӏубараб соналъ гӏадамаз хӏухьбахъи гьабизе бегьулеб зона базе кколилан.
Тӏоцебе гьениб курорт базе байбихьун букӏана «Северияб Кавказалъул курортал» абураб гӏуцӏиялъул нухмалъиялда вукӏарав Ахӏмад Билаловас. Амма Сочиялда Олимпиадаялъул объектал ралаго риччарал гӏунгутӏабазе гӏоло, Билалов дагь-дагьккун рикӏкӏалъана цин республикаялдаса, хадув тӏуванго Россиялдаса.
Хадур вацал бизнесменал Мухӏамадовалги тӏаделъун рукӏана Макьасда тӏегьараб ахалда релълъараб бакӏ гьабизе. Гьезулги къисмат кин сверарабали нилъеда лъала.
Гьанже «Макьасда» проект цӏигьабилалде жидеца гьенир сверухъ чанги хӏалтӏабиги гьарунин бицана Артем Здуновас 16 январалда букӏараб данделъиялда. Макьасда аскӏоб бугеб Сивухъ росулъе газ бачана, машинадул нухал къачӏана, гьаруна цогидалги хӏалтӏаби.
Макьасда курорт базехъин бугилан хабар баккарал тӏоцересел соназдаго гьелда дандечӏун букӏана сахъадерил жамагӏат – жидер ракь хвезабулеб бугилан.
Гьаб нухалъ жамагӏаталъул кинаб пикру бугебали лъазе нижеца бухьен ккурав «Возрождение» абураб Сивухъ росдал жамгӏияб гӏуцӏиялъул нухмалъулев Якъуб Мухӏамадовас бицана: «Доб мехалъ гӏадин тӏубанго дандечӏун гьечӏо жамагӏат. Дандечӏунги щиб гьабилеб, ралагьун нижги тун, рагӏалде бахъинабулелъул хӏакимзабаз жидерго хӏукму. Гӏицӏго нижер мурад буго росдал гӏадаталдеги, шаригӏаталъул хӏукмуялдеги дандекколареб гьава-бакъ жаниб букӏунеб бакӏ гьабугейин Макьасдаян хӏукуматалъул нухмалъулезда бичӏчӏизабизе. Мехтараб умматалъул хъудиги, исламалде дандекколареб чороклъиги, тӏабигӏат пасат гьабулеб хьвада-чӏвадиги гьеб хӏухьбахъиялъул зонаялда букӏине нижее бокьиларо. Нижеца гуребги, бокьарав бусурманчияс къабул гьабиларо жиндаго хьолбохъ гьединаб пасалъи.
Сивухъ росдал жамагӏаталъе бокьун буго росуги цӏунун хутӏулеб, тӏаде рачӏарал гьалбалги разиго хутӏулеб куцалда базе Макьасда курорт.
— Мигьлъун буго росу тӏубанго. Унел руго гӏадамал гьениса гочун. Официалияб къагӏидаялъ, 45 цӏараки хутӏун буго жакъа Сивухъ. Гьедин иш бугони, школаги къала, яслиги хутӏиларо. Гьеб гьедин ккечӏого хутӏизе рес буго Макьасда этнотуризм цебетӏезабуни. Гьалбадерил рукъзалги рани, музейги рагьани, шаргӏалъул низамалда дандекколел квана-гьекъолел, хӏухьбахъи гьабулел бакӏалги рагьани, квеш ккелароан букӏараб. Росулъ ругел гӏадамазе хӏалтӏиги букӏина, жамагӏатги, хасго гӏолохъабиги разиго хутӏилаан. Биччанте гьениб лыжабазда хъещтӏолеб базаги цогидабги букӏине. Аслияб жо буго умумузул гӏадаталдаса ва шаргӏалда кьуричӏеб тартиб цӏуни».