Гьал къоязда Гъизляралда лъазабуна санитарияб режим. Гьекъолеб лъим сабаблъун багъарараб инфекциялъул хӏасилалда гӏемерав чи больницаялде ккана. Гьезда гьоркьор руго школлъималги. Гьединлъидал заманаялъ кӏиго школа къан буго гьениб.

20 январалда гьенире щвана ДРялъул Хӏукуматалъул нухмалъулев Артем Здуновги республикаялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялдаса тохтурзабазул къокъаги.

22 январалде щварал ахирисел баяназда рекъон, больницаялдаса къватӏиве виччан вуго 108 чи. Гьабсагӏат гьенив вегун вуго гӏага-шагарго 107 унтарав. 14 январалдаса байбихьун инфекциялъ унти багъаризабуразул къадар щибаб къоялъ цӏикӏкӏунеб букӏана. Жакъа къоялде инфекциялъ багъаризабураб эпидемия гӏодоцинабизе кӏванин бицана «Хӏакъикъаталъе» Гъизляралъул администрациялъул пресс-хъулухъалъ.

«Шагьаралъул аслияб больницаялъул бетӏерав тохтурас нижеда бицунелда рекъон, унтаразул гӏумруялъе гьабсагӏат хӏинкъи гьечӏо. Жибго шагьаралъул нухмалъиялъ кинал тадбирал тӏоритӏулел ругелин абуни, киса-кибего гьекъолеб лъеда гъорлъ хлорка жубалеб буго. Гьединалго тадбирал хадурккунги гьоркьор къотӏизе тезе гьечӏо нижеца. Шагьаралда гӏумру гьабун ругездаги лъазабун буго гьаличӏого лъим гьекъогеян. Гьединго 21 январалда шагьаралда киса-кибего лъазабун букӏана санитарияб субботникги. Киналго хӏукуматалъул учреждениязда, школазда рацӏцӏа-ракъалъиялъул хӏалтӏаби гьаруна. Гьеб гуребги, шагьаралъул нухмалъулев щибаб къоялъ щола киналго районазде, тӏаде унтарав чи вугищали лъазелъун», — илан бицана пресс-хъулухъалъул нухмалъулей Сельминаз Салихӏовалъ.

Щиб сабаблъунха лъим чороклъараб? Гьеб суал хутӏулеб буго аслияблъун. Социалиял гьиназда гьелъул хӏакъалъулъ батӏи-батӏиял баянал кьолел рукӏана. Гъизляралъул администрациялъул пресс-хъулухъалъ «Хӏакъикъаталъе» гьадинаб жаваб кьуна.

«Тӏубан мухӏкан гьабичӏеб баяналда рекъон, лъим чороклъун буго шагьаралъул Черемушки районалда бугеб лъел мухъалде жанибе чороклъи ккун букӏун. Гьениб аскӏобго буго «Гъизляррисводстроялъ» бан букӏараб мина. Гьенир гӏумру гьабун ругел гӏадамаз лъиданиги дандбачӏого, жалго лъугьун бачун букӏун буго хӏажатханаялъуса къватӏибе унеб хъублъи чвахизе рогӏоро. Гьебги бачун букӏун лъел турбабазда тӏасан. Гьел рогӏразул цоябги жагъаллъун, гьенибе чороклъи чвахиялъул бицен буго, амма гьеб жеги мухӏкан гьабун гьечӏо».

Амма республикаялъул прокуратураялъ кьураб баяналда рекъон, лъим чороклъиялъе гӏилла ккун буго 31 декабралдаса 8 январалде щвезегӏан лъел мухъал къачӏаялъул хӏалтӏаби тӏаса-масаго гьариян хъвалеб буго цо-цо информалатаз.

Гъизляралда эпидемия багъариялда тӏасан РФялъул Цӏех-рехалъул комитеталъ рагьун буго уголовнияб дело. Жидецаги гьелда хадуб хасаб хъаравуллъи чӏезабун бугин лъазабуна республикаялъул прокуратураялъги.

15 январалда цо-цо журналистаз ва блогераз хъвалеб букӏана больницаялда регарал лъималазул цояб хванилан. Амма гьелъул бетӏерав тохтурас абун буго гьеб букӏанин аппендициталъул унтиги цӏикӏкӏун хвараб лъимер, инфекциялъ унтараздехун гьелъул хурхен гьечӏин.