Гьаб анкьалда «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялде рачӏарал гьалбадерил цоявлъун Сиябшагь Шапиевги вукӏана. 10 соналъ ДРялъул рищиязул комиссиялъе нухмалъиги гьабун, 2003 соналда гьев Москваялде РФялъул ЦИКалде вачана хӏалтӏизе. Гьеб заманалда жанир рищиялги гӏадамалги хисараб куцалъул бицунеб буго Сиябшагь Шапиевасулгун нижер букӏараб гара-чӏвариялда.

— Сиябшагь, 1990-абилел соназда дандеккун, рищияздехун гӏадамазул бербалагьи цӏакъго хисанадай?

— Социологаз цӏех-рех гьабизе кколеб суал буго гьеб, цо рахъалъ босани. Дирго хӏалтӏул хӏалбихьиялдасан балагьани, рищияздехун гӏадамазул бербалагьи хисун буго.

Ракӏалде щвезабилин 1993 соналда тӏоцебе нилъер республикаялда рищиязул комиссия гӏуцӏараб мех. РФялъул Пачалихъияб Думаялде депутатал рищизелъун гӏуцӏараб Махӏачхъалаялъул 11-абилеб округалъул комиссияйин букӏана гьелда цӏар. Гьелъие нухмалъи гьабизе дида тӏадкъан букӏана. Депутаталго гӏадин, Федерациялъул Советалде вакилзаби рищиги букӏана гьеб комиссиялда тӏадкъан. Церехун киданиги рищарал чагӏиги рукӏинчӏо гьел нилъер гьанисан.

Гьебго 1993 соналда рукӏана РФялъул Конституция къабул гьабиялда хурхарал рищиялги. Доб мехалда Дагъистаналда гӏадамазул 20 проценталъ гурони гьелъул рахъкквечӏо. 80 процент дандечӏана. КПРФалъул рахъалда гӏемер чи вукӏана доб мехалда. Пикру гьабиялъул рахъалъ гӏадамал жеги советияб заманалдаго рукӏана. Цӏияб къагӏидаялда хӏалтӏулел чагӏи къанагӏат рукӏана.

Гьелдаса нахъе кигӏан заманха араб? Хисичӏого гӏадамалги кинха хутӏилел? Гӏезегӏан хисанин абизе бегьула.

— Кин батаниги, доб мехалда гьаркьал кьеялъулъ кинабали ракӏбацӏцӏалъи букӏанин кколеб буго дида.

— Гьадаб гьанжего-гьанже комиссия гӏуцӏараб заманалда рищиял тӏоритӏулаан данде чиги лъечӏого, цохӏо кандидатги вихьизавун. Нусиде бахараб процент гьаркьазулги щун, гьевги бергьунаан (живго жиндасаго). Амма альтернатива букӏинчӏониги, гьеб кандидатура бокьа-бокьарав чиясда гуреб, кутакалда ургъун, гӏезегӏан рахъалги хӏисабалде росун тӏаса вищарав чиясда лъезабулаан. Доярка ятаниги, гӏачивехь ватаниги, гӏалимчи вукӏаниги, гьев вукӏунаан гӏадамаз рикӏкӏунев, жиндир иш лъалев чи.

— Гьанжеги лъикӏаб жо щибха бугеб, мажоритарияб къагӏидаялдаса инкарги гьабун, партиязул сияхӏаздалъун гӏадамал рищийищ?

— Пачалихъияб Думаялде цин журарал рищиязул бакӏалда пропорционалиялги гьарун, хадур цӏидасан гьезул бакӏалде журарал рищиялго тӏадруссинарунаха. Щайгурелъул рищиязул мажоритарияб къагӏидаялдаса инкар гьаби мекъаб букӏунаан – партияз жидерго вакилзабиги рихьизарун, хасал гӏадамазухъа бажарулеб букӏинчӏо жалго-жалго рищиязда гӏахьаллъизе. Гьанже Конституциялъул Судалъ кьун буго гьединаб рес. Амма Дагъистаналда гӏицӏго пропорционалиял рищиял гурони рукӏунаро.

— Конституциялъул Судалъ кӏиго батӏияб къагӏидаялда пайда босизе рес кьун батани, щай гьедин гьабулеб?

— Регионалъул нухмалъиялда битӏараблъун бихьулеб батилаха партиязул сияхӏазда рекъон рищиял тӏоритӏи.

Гьанжего-гьанже рищиял тӏоритӏизе байбихьарал 1990-абилел соназул авалалда аслиял кандидаталлъун рукӏунаан гӏицӏго магӏарулалги даргиялги. Гьелъ разилъи гьечӏолъи бижизабуна халкъалда гьоркьоб. Гьединлъидал рищиязда щибаб миллаталъул вакил вукӏине ккелин абураб закон бахъана. Гьелъул квербакъиялдалъун рачӏана доб мехалда нилъер парламенталде аслиябин рикӏкӏунеб 14 батӏияб миллаталъул гӏадамалги.

1994-2003 соназда федералияб законалъ рес кьун букӏана квотаби чӏезариеялъе. Гьелдаса хадуб гьеб къагӏидаялдаса инкар гьабуна (законги хисизабун).

Гьабуниги, республикаялъул нухмалъиялъ хӏаракат бахъула гъол партиязул сияхӏазда гъорлъе батӏи-батӏиял миллатазул вакилзаби ккезаризе. Дидагоги лъикӏ бихьула гьеб. Дагьалъ цеве дун щвана Румыниялде. Кьолболъанго дора гӏумру гьабун ругел гӏисинал миллатазе бихьизабураб 17 бакӏ буго гьезул парламенталда.

Гӏисинал (кьолболал) миллатазул хӏакъалъулъ закон бахъулеб мехалда нилъер гьанир гӏурусаздаса байбихьун киналго рукӏана гьединаллъун рихьизарун. Москваялъ хас гьабун Дагъистаналъе кьураб рес букӏана гьеб. Гьелъул магӏна кколаан законалда ругел цо-цо гӏорхъабазда тӏасан гали бегьизе къваригӏин. Масала, цахуразда гьоркьов гьаракь кьолев чи ункъазарго гурони вукӏинчӏо. Амма республикаялда гӏуцӏараб 121 округалъул щибалда вукӏине кколаан гьаракь кьолев анцӏазаргониги чи. Гьединлъидал цахуразул, рутулазул къадар кӏицӏул-лъабцӏул дагь букӏунаан кидаго. Рищиязул округалъе гӏурал чагӏиги цогидаздаса данде гьаризе кколаан.

Доб дуца тӏоцебе кьураб суалалда бан цо мисалги бачинин (рищияздехун гӏадамазул бербалагьи кин хисарабали). Долго 1990-абилел соназда цо лъалев чияс бицун букӏана жинцаги цогидав кандидатасги къотӏи гьабун букӏанила рищиязда щибниги ришват кьунгутӏизе. Амма гӏадамаз жидецаго риччан ратанила харбал жидер цояс кигӏанали гӏарац бикьулеб бугилан. Кандидатазухъа гьеб щун ругьунлъунха. 2009 соналда Дербенталда цо гьаркьихъ 20 азаргониги гъурущ кьолеб букӏанин бицунаан. Къватӏисел улкабазда гьединаб жо тӏатани, кутакалда тамихӏ гьабула. Нилъер гьаниб гьеб релълъунеб жо гуро. Гьеб тӏадчӏезабизеги захӏмалъула.

— Амма 1990-абилел соназда кутакалда чӏагоял рищиялги, цӏа боркьараб къецги, цоцакьа къезе чӏоларел кандидаталги рукӏунаан. Гьанже лъазецин лъаларо щив киве вищулев вугевали.

— Доб мехалда кутакаб ахӏи-хӏуралда унаанха гьел. Амма гӏезегӏан чӏвай-хъвейги кколаан.

— Рищиязул комиссиялъе нухмалъи гьабулаго араб анцӏго соналда жанив чан батӏияв чиха дуда вихьун ватилев. Хасго «кьураралги кьвараралги» ссиялда ругеб мехалда рищиязул хӏасилал хисизареян чӏолел чагӏиги рачӏунел рукӏун ратила духъе.

— Хӏасилал хисизаризе дида кӏолароан, щайгурелъул щибаб бакӏалъул комиссиялъ ритӏун рачӏарал тарихал дандеккуни, гьединаб жо тӏатине рес букӏунелъул. Амма гӏемерисезда гьеб бичӏчӏуларо, гьединлъидал гьаркьазе хӏилла гьабиялъул гӏайиб нижеде рехула.

Цӏияб системаги букӏун, байбихьуда нижее кутакалда захӏмат букӏана хӏалтӏизе. Дандеккезаризе жалги гӏемер рукӏунаан. Масала, цо нухалда бюллетеналъул цо гьумер гӏечӏо Пачалихъияб Думаялде рихьизарурал кандидатазул сияхӏ хъвазе. Гьединлъидал Иляс Гӏумахановасулги, Мухӏамад Тӏолбоевасулги, Назим Ярахӏмадовасулги цӏарал нахъисеб гьумералда хъвазе ккана. Ахӏун басмаханаялъул директоргун кӏиго сагӏаталъниги халатбахъараб данделъиялда гьоркьоб лъуна нижеца гьеб суал — дагьаб кӏудияб тӏанчида бегьуларебищ гьеб бюллетень бахъизеян. Киназулго цӏарал цо гьумералда хъвани, хӏарпал гӏисинлъун, цӏализе захӏмалъулин тӏирун чӏана директор. А4 формат букӏана гьеб.

Нахъисеб къоялъ дир кабинеталде кӏанцӏун рачӏана доб мехалда политикаялда гьоркьов вукӏарав цоявги, гьесулго ракьцояв спорстменги. РФялъул Бахӏарчи Тӏолбоевасул цӏар нахъисеб гьумералда кьезе кин нужеда кӏолебилан ахӏи-хӏур гьабизе жувана гьев. Цоцаде квер борхиялдегицин ккун букӏана иш. Гьеб мехалда дица бицунеб жо дозда бичӏчӏулеб букӏинчӏолъиялъ, басмаханаялъул директор ахӏеян абуна дица. Ахӏана. Бюллетень дагьаб кӏудияб тӏанчида бахъизе бегьуларищан доз гьикъидал, бегьулин жаваб кьолев вуго гьев, амма цояс кандидатура бахъизе кколилаха. Дун гӏажаиблъана. Сонго щайха дуца нижедаги гьедин абичӏебилан цӏехана дица. «Ситуация изменилась» абун жаваб кьуна директорас. Ахирги дол чагӏазда кӏвана цо кандидатасда кандидатура бахъизабизе. Гьединлъидал кандидатазул сияхӏги бюллетеналъул цо гьумералда кьезе бажарана.

— Гьелдаса нахъе гьедигӏанго хисун батиларин рищиязда сверухъ ахӏвал-хӏалин кколеб буго дида. Масала, Россиялда тӏоритӏулел рищиял либералияб прессаялъ хъвалеб куцалда чорокал рукӏунищ, дур хӏисабалда?

— Гьури пуйчӏого гӏучӏги багъарилищха. Гьединаб ахӏи щведал, нижеда закон цӏунулел идарабазда лъазабула. Амма гьелъие гьезул махщелищ гӏолареб яги политикияб къасдищ букӏунаребали, гьединал хӏужаби тӏаса-масаго тола гьез, далилал ралагьичӏого, гӏайиб чӏезабичӏого. Квешаб цӏар абуни ЦИКалда чӏвала.

— Рищиязде хьвадулел гӏадамазул къадар цӏакъго мукъсанаб щай букӏунеб гьанже?

— Батӏи-батӏиял гӏиллаби руго гьелъие. Рищиязул хӏасилал гьереси гьарулел рукӏиналъ бокьуларин гӏадамазе гьенире хьвадизеян рикӏкӏуна цо-цояз. Амма дица гьаниб Монголиялъул мисал бачина. Гьанжегӏагар щвана дун гьениве.

Дора щивав чиясул килщазул расеназул суратал рукӏуна электроннияб базаялда. Гьеб расен гьале гьав чиясул бугилан бихьизелъун, гьесул жиндирго суратги бачӏуна хасаб экраналде. Гьедигӏанги рацӏцӏадал рищиял гьарула гьенир. Амма халкъалъул букӏине кколебгӏанасеб къадар гьениб гӏахьаллъуларо.

Дир хӏисабалда, кандидатазда гьоркьоб кутакаб къец бугони, гӏемер чи вачӏуна гьаркьал кьезе. Долго 90-абилел соназде тӏадруссинин, дебатазда депутатлъиялде унел чагӏазда гьоркьоб квешаб кьаби кколеб букӏиналъ копоего гӏадин гӏадамалги рачӏунаан рищиязде.

— Социалиябгун экономикияб рахъалъ нахъе ккаралгӏан регионазда Владимир Путин щай кидаго рищиязда бергьунев? Масала, Дагъистаналдагун Чачаналда.

— Нилъер, кавказиязул, менталитеталда (гӏамал-хасияталда) бараб жо батула гьеб. Масала, чӏахӏиязухъ гӏенеккулеб гӏадат бугелъулха. Гьебго суал цо рищияздаса хадуб живго Путиниеги кьуна президентасулгун ЦИКалъул букӏараб дандчӏваялда нижер хӏалтӏухъаналъ. Гьесул жавабги гьединабго букӏана (Северияб Кавказалъул гӏадамазул гӏадат бугилан кӏудияз абураб жо гьабулеб).