25 январь нилъер улкаялда кӏодо гьабула студентазул къо хӏисабалда. Гьединго гӏурусаз гьелда Татьянал къойиланги абула. Бищун талихӏалги аваданалги сонал студенталъул ругеб заман букӏанин абулелъул, нижер пикру ккана цо-цоязул ракӏалдещвеял кьезе.
Хӏусен Казиев, РФялъул мустахӏикъав артист:
Дир студентлъун вугеб заман ана берцинаб Типлис шагьаралда. Гьениб щвана дие артистасул лъайги букӏинеселъе гьунарги. Гьениб дица хӏетӏе чӏечӏеб бакӏги тун батиларо. Типлисалъул музеялги, театралги, кӏалгӏабиги гӏагараллъун лъугьана дие. Гӏемерал гьудулзабиги руго гьениса, гьезул чангиязулгун жакъа къоялъги бухьен къотӏун гьечӏо.
Кӏиабилеб курсалда дун вугеб мехалъ нижер группаялъул нухмалъулес бахъун букӏана нижги гӏахьаллъараб кино. Нилъер республикаялъул телевидениялдасаги бихьизабун букӏана гьеб. Гьединго риидал дун рокъове щвезе вачӏиндал, Буйнакскиялда театр бугеб заманалда гьениб лъолаан нижер курсалъ хӏадур гьабураб студентазул спектакль. Гьединал хинал ракӏалдещвеял хутӏана Типлисалда цӏалулел соназул.
Кепал лъугьа-бахъиналги камилищха студентазул. Цадахъ цӏалулел гуржиязул гӏолохъабазе интерес букӏунаан нижеца бицунеб магӏарул мацӏалъул. Гьеб жидедаги малъиларищан рукӏунаан. Цо рагӏи гьезда малъулаго цадахъ чанги къваригӏел гьечӏеб цо-цо каламги малъулаан нижеца копоего. Хадуб гьелъул магӏна бичӏчӏидал, барщунги рукӏунаан гуржиял.
Кванихъ кьезе шагьи гьечӏого хутӏидал, чӏорогоял шушби жанире кьунги гьабулаан гӏарац. Цо нухалъ ккараб бицинин. Нилъер аниса гьоболлъухъ рачӏунел ракьцояз цадахъ бачӏун букӏана чемодан цӏураб икра. Босун цо гьелъул цӏорол банка нижеда цебеги лъуна гьез общежитиялда. Аб щибжоян гьикъидал, икра бугин бицана. Амма дида доб мехалъ икра щибали лъалеб букӏинчӏо. Тӏинчӏ лъезе унеб мехалъ къоркъоца къватӏибе рехулеб жоялда релълъун бихьана дида гьеб доб мехалъ ва кваназе ине инкар гьабуна. Хадуб цадахъ цӏалулел гуржиязе кьураб мехалъ, гьел риххун хутӏана бокьаниги кодобе щолареб машгьураб деликатес дица гьедин чӏобого кьураб мехалъ.
Шамил Хӏасанхӏусенов: «Гъуниб районалъул гӏолилал» жамгӏияб цолъиялъул нухмалъулев:
Дун цӏалулеб заман цӏакъ захӏматал, рахӏатхварал соназде данде ккана. Эбел-инсуеги нижееги ургъел бугеб мех букӏана. Бугониги, гьезие кӏудияб кӏвар букӏана дун тӏадегӏанаб цӏалул идараялде ворчӏиялъул. Доб мехалъ дие бокьун букӏана мединституталде лъугьине, амма доб мехалъ рукӏарал тӏалабазда рекъон, дие битӏ ккечӏо гьениве лъугьине. Гьединлъидал дица тӏаса бищана политехникияб институт ва гьелдаса пашманлъичӏо. Гӏумруялъул лъикӏаб школа батана дида гьениб. Общежитиялда гӏумру тӏамизе ккарав чиясда гурони бичӏчӏуларо гьеб. Захӏмалъиги ракъи-къечги бихьичӏого хутӏуларо студентасда, амма захӏмалъиялъ лъадараравгӏан лъугьуна инсанасул къвакӏараб пикруялъул ва щулияб хасияталъул чи. Гьединго гӏемераб буго гьениб цадахъ ругел къайи-цадахъазда бараб жоги. Гьелъул рахъалъги битӏ ккана дие. Сахал гӏолохъаби рукӏана цадахъ.
Мугӏалимзабиги рукӏана камилал. Киданиги кӏочон теларо Абакар Адуевич абун дие дарсал кьурав мугӏалим. Дидехун кидаго хинаб бербалагьи букӏана гьесул. Гьелдаса пайдаги босун, цӏалулъ нахъе кколел гӏолохъабе кумек гьарун аскӏове индал, гьес абулаан жиндие кумек гьабизе бокьулин гьунарги пагьмуги бугел студентасе, гьел дуца бицунел гӏоркьилазе гьеб хӏажат гьечӏин, гьезда гьадинги батулин гӏумруялда жидерго бакӏ. Гьес абухъе ккезеги ккана.
Цӏалуде рокьи гьечӏевгӏанщинав чи нахъа лъикӏаланго магӏишатги дандебилълъун руго жакъаги. Гьелъул магӏна кколаро цӏали хӏажат гьечӏеб жолъун бати. Гьечӏо. Цӏализе ккола. Амма кин букӏаниги, щивасда батулеб буго гӏумруялда Аллагьас къачӏараб бакӏ.
Жакъа ругел студентазулъ, дун цӏалулеб мехалда рукӏаралги данде ккунани, доб цебе нижер цӏалуде букӏараб гъира, чӏаголъи гьечӏо гьезулъ. Эбел-инсуца квер чӏвалеб букӏиналъ тӏаса-масагояб буго гьезул цӏалуде бербалагьиги. Студентлъун вугеб мехалда диего щвечӏеб жо гьезие щвезе бокьун вукӏуна дун, гьел рекӏеда ратизарулев. Амма гьелдаса пайда босулев чи гӏемер вугищали лъаларо.
Жамалудин Малламухӏамадов, гӏелмияв хӏалтӏухъан:
90-абилел соназул бищун захӏматаб мехалъ ккана дун шагьаралде цӏализе. Мискинго рукӏана гӏадамал. Студентал абуни бищунго хъарцинаб куцалъ хутӏун рукӏана. Тукадаса чед босизе ирга кквезе гӏоло къаси кватӏараб гӏужалъ ине кколаан гьениве. Рогьинегӏан хутӏараб мехги букӏана чанги. Гьедин къо бихьун щвараб чадида тӏагӏамги батӏияб букӏунаан. Эбел-инсуца магӏарухъа битӏун щиб-щибниги нигӏматалъул квен гьабуни, гьебги ун батулаан бикъун. Общежитиялда дунго гӏадин ракъарал студентал гӏемер рукӏаралъул, хъаравуллъи ккун бажарулароан. Квен бикъаниги кӏваричӏин, хьаггӏаги нахъбуссинабейилан лъазаби чӏван толаан цо-цояз.
Общежитиялда рукӏа-рахъиналъул суал цӏакъго захӏмалъидал, гӏагарал чагӏазул бакӏалдаги вукӏана рукъалъ. Автостанция бугеб районалдаса вахъарав лъелго унаан педуниверситеталде щвезегӏан. Транспорталъухъ кьезе гӏарац кидаго букӏунароан, гӏарац букӏаниги, жибго транспортги къанагӏалъун букӏана.
Амма гьединаб бигьалъи гьечӏеб заман букӏаниги, цӏалудехун рокьи сундаго къезабизе кӏвечӏо. Бищун талихӏаб заманлъун хутӏана студентлъун вукӏарал сонал. Гьанже ругел студентазухъги балагьула дун. Сундулго рахъалъ санагӏалъаби ругеб гӏасруялда цӏализе щваниги, гьезие гьелъул ургъел гьечӏо. Ракӏ унтун цӏалулел гӏолилал жакъа дагь руго. Узухъда, гьезул щивасда батила жиндиего насибаб бакӏ. Амма жанисан, рухӏияб рахъалъ, цӏакъ мискинго рукӏине руго гьел.
Мухӏамад Ахӏмадов, халкъияв шагӏир:
Бищун талихӏал сонал рукӏана Москваялъул Литературияб институталда цӏалулеб заман. Гьенир гӏадал мугӏалимзаби цоги цӏалул идарабазда рукӏанадайилан ккола дида жакъаги. Достоевскиясул творчествоялда тӏасан хасаб курс бачунев профессор вукӏана Виктор Артурович Богданов абун. Гьесул гӏадат букӏана лекция цӏалун лъугӏулеб мехалъ килищ эхеде борхулеб. Борхараб килщиде студентасул цонигияс кӏвар буссинабулеб бугищали халгьабун чӏолаан гьев. Амма гӏемерисезе гьелъул кӏвар букӏунароан. Цоял кучӏдул хъвалелниги, конспектазде тӏаде къулунниги, жидерго пишаялде машгъуллъун рукӏунаан. Цо нухалъ иргадулаб лекциялда килищ борхидал, дун валагьун чӏана гьесухъ. Гьебги цӏакъ рекӏее гӏун, дида аскӏове вачӏана профессор. Хутӏарал студенталги къватӏире ритӏун, цохӏо дие цӏалана кинабго лекция. Гьелъ цӏакъ асар гьабун букӏана диеги.
Гьединго гӏурус мацӏ кьолаан цӏакъ хӏалимай кӏиго чӏужугӏаданалъ. Кидаго радал тӏоцебесеб гьезул дарс букӏунаан. Лекция байбихьилалде, лъимал, нуж радал кванан ратуларинги абун, кидаго цадахъ букӏунеб термосалъусан бухӏараб чай яги кофеги тӏун кваназарулаан, данде бутербродалги кьун. Гьезул адабги хутӏана кидаго рекӏелъ.
Гьанже ругел студентазул гьединаб аваданабги чӏагоябги гӏумру букӏинин кколаро.
Рабадан Мухӏамадов, гӏалимчи, археолог:
1980 соналъул 10 январь. Доб мехалъ дун вукӏана Ростовалъул пачалихъалъул университеталда историялъул факультеталда ункъабилеб курсалда цӏалулев. Гьеб мехалда нижеца гьабуна «бакъвараб» студентазул ригьин. Цудунго радалиса ЗАГСалде рачӏана автобус цӏурал бахӏарасулги бахӏаралъулги гьудулзаби. Кӏиабилеб машина букӏана, автобусалда дандеккун, цӏакъго чӏухӏараб – ГАЗ-24 «Волга»! Тӏад рухьарал шариказ ва лентабаз жанив вугев чи вихьизе толев вукӏинчӏо.
ЗАГСалда ккарабщинаб дица гьанже гьоркьоб биччалин. Регистрация лъугӏун хадуб кӏиябго машина къокъана. Светофоралда нижер машина лъалхъарабго, дида вихьана нухда эхетарав дир гӏелмияв нухмалъулев, машгьурав археолог. Гьев вукӏана хасалил тӏагъурги лъун, хинаб хъабарчаги ретӏун. Хӏатӏазда – валенкаби, кодор – ччугӏа кколел алатал. Дида лъалаан дир «руководитель» гьеб къоялъ ччугӏа кквезе Дон гӏурухъе унев вукӏин, амма гьадинан ниж нухда данде ккелилан ракӏалде кисаха кколеб.
Бащдаб сагӏаталдасан кафеялде автобусалъ рачун щварал нижер гьалмагъзабаз бицана «ччугӏихъангун» азул ккараб лъугьа-бахъин.
Нижер «Волгаялда» хадуб гӏедегӏулеб букӏараб автобус водителас чӏезабун буго (дос квер борхидал):
— Херав, вокзалалде щвезегӏан вачинин, рекӏая, — йинги абун.
Жанир ругел «пассажираз» гьасде гьедигӏанго халгьабун гьечӏо, жидерго харбида, бицунеб-толелда рукӏун. 10-15 минуталдасан маххул нухлул вокзалалда гӏодове рещтӏунаго, «ччугӏихъанас», надалде далараб тӏагъурги тӏаде борхун, абун буго:
— Гьалмагъзаби, нужеца Рабаданидаги Зинадаги дир салам бице! — ян.
Киналго гӏажаиблъун хутӏун руго, кисандай гьав херасда нижер бахӏаравги бахӏарайги лъалел абун. Дица гьев дир «научный руководитель» вугин абидал, киналго релъанхъана…
Нахъисеб къоялъ дицаги чӏужуялъги кьуна хасалил сессиялъул иргадулаб экзамен, щвана «щуйилал». Бакъанида ниж жиндихъего гьоболлъухъ ахӏана дов дир гӏелмияв нухмалъулес:
— Гьа, щванищ нужее сон дир салам, — абун велъанхъана ав, къокъаб магжида кверги бахъулаго.