Туризм нилъер республикаялда хайир кьолеблъун лъугьунеб бугин, нилъехъе къватӏисан рачӏунел гьалбалги цӏикӏкӏунел ругин абулеб буго республикаялъул тӏадчагӏазгицин.

Гьез кьолел баяназда рекъон, цересел соназда дандеккун 2019 соналъ Дагъистаналде рачӏарал туристазул къадар бахун буго 850 азарго чиясде, ай гьел цӏикӏкӏун руго 20 проценталъ.

Цере нилъехъе рачӏине хӏинкъулел рукӏун ратаниги, гьанже цо нухалъ щвараз цогидазда бицун Дагъистан бихьизе гъира базабулеб буго. Узухъда, гьеб батила хӏинкъигьечӏолъиялъул рахъалъ республикаялда гӏодобебиччай букӏиналда барабги.

Гьобол хиралъи бидулъго бессараб халкъалъ кинха къабул гьабулеб бугеб гьеб сабаблъун бизнес гӏуцӏи? Гьабулеб бугищ пикру нахгун кваналеб чадида тӏад жеги икраги бахине гьелъ кьезе букӏиналъул? Бугищ гьелде жанисеб хӏадурлъи?

Тӏоцебе халгьабе лъарагӏлъиялдаса магӏарухъе нилъ рачунеб шагьранухлул рагӏаллъабазул, гӏурумухъазул. Лъалхъе бищунго гьайбатал тӏабигӏаталъул бокӏназда, ракке сахлъиялъе гьава цӏазе, свак чучизе нилъ хьвадулел рохьахъе. Ракӏ гъанцӏулеб, хӏал буго! Къватӏиса чи вачӏунищха гьеб хъублъи тӏибитӏараб? Гьайгьай, гуро, чахьалги цӏезарун хутӏаралде мугъ рехулел нилъер росуцояз, гьудулзабаз, гӏагарлъиялъ.

Дица пикру гьабула Европаялъул гӏадамазул ва нилъер бусурбабазул — щай нилъее бокьулеб чороклъиялъулъ къан рукӏине? Аллагьас инсанасе гӏоло бижараб дунял, нигӏматлъун кьураб тӏабигӏат, гьекъолеб лъим — гьелъул рацӏцӏалъи цӏунизе лъаларел нилъеда туризмалъул бизнес бичӏчӏулищ? Сверухълъиялде берхьвагӏеха? Кинаб букӏунеб бусурбанчиясул жанисеб рацӏцӏалъи гьаб чороклъи сверухъгун?!

Ралъдал чороклъиялъул бицун гьаниб хӏал кӏвеларо, гӏурулгун лъарал рагӏаллъабазда ругел росабазул халгьабе. Санагӏалъаби рекъарал, рацӏцӏадал рукъзабахъа тӏолго хъублъи лъадалъе буго чваххулеб. Жеги кӏудияб хӏикмат — гьебго лъим буго богорукъзабахъеги бачун нилъецаго гьекъолеб. Киналха нилъ бусурбаби чедгицин рищниялде рехулел? Анкьие цо нухалъниги щивас жиндирго рукъалда, ах-хуралда сверухъ бакӏ бакӏарани, бачӏунарищ рацӏцӏалъиялъул нур?

Гӏабдулатӏипов вачӏараб мехалъ цӏакъ тӏадчӏун рацӏцӏад гьаризе байбихьана нухлул рагӏаллъаби. «Нилъер чороклъи бацӏцӏине къватӏиса чи вачӏунаро» — янги абун, республикаялда рацӏцӏалъи гьабизе гьес лъуна байбихьиго.

«Рацӏцӏалъи алжаналъуса бачӏараб буго», «Иццулги рекӏелги рацӏцӏалъи цӏуне» — кигӏан гӏемер нилъеда гьеб рагӏулеб вагӏза-насихӏаталъулъ, игӏланал чӏван нухлул рагӏаллъабазда бихьулеб, иццул кӏалтӏа батулеб.

Узухъда, рацӏцӏалъи цӏунулелги ратила бакӏал. Цогидазеги мисалалъе букӏинелъун гьезул нилъеца хадуб бицина, бахчараб лъикӏабщинаб рагьила, рагьараб квешлъиялда данде рагъ бала.

Мурадги буго нилъер гӏадамазул «дие гьаб щайин» абураб пикру хисизаби, нилъерго ракьалде рокьи бижизаби, рекӏеда ратизари.

Жакъа Дагъистаналда туризмалъ кколеб бакӏ нилъеда бихьулеб буго. Ахирал соназ гӏезегӏан лъикӏал ишал гьаруна, гьезул цояб буго «туристический хаб» абулел, гьалбал лъалхъизе рукъзал рай. Гьелъул кӏудияб санагӏалъиги буго нухлулазе. Бокьилаан, хӏукуматалъ гьабулелъухъ балагьун чӏечӏого, жиде-жидер ракьалда берцинлъиги рацӏцӏалъиги, хайир кьолеб хӏалалъ гӏуцӏараб хӏалтӏиги бихьизе.