Жанисеб туризмалъул бачӏинахъего лълъар ккурав чи вуго Хунзахъ районалъул Харахьиса Шамил Шангереев. Турфирма гӏуцӏарав чи хӏисабалда гуревги, Шангереев машгьурлъана нилъер мугӏрузул улкаялъул берциналщинал бакӏал, миллияб хаслъи цӏунарал гьайбаталщинал гӏадамазул жинцаго рахъарал суратазул выставкаби тӏоритӏиялъги. Живго гьев гӏуна Дубки поселокалда, гьесул лъимерлъудаго эбел-эмен рачӏана Чӏикӏаб ГЭС балеб бакӏалда хӏалтӏизе. Советияб заманалъго рукӏарал батӏи-батӏиял заводазда хӏалтӏун гуреб цебеккун творчествоялъулгун щибго бухьен гьечӏев чи вукӏана гьев. Соназул завалалде вахигун квербараб иш гьанжесел тӏалабазда рекъон нухда бачинелъун, Шамилица цӏалун лъазабуна «менеджмент по туризму» абураб махщел.

«Хӏакъикъат» газеталде гьоболлъухъ щварав Шангереевасулгун букӏараб гара-чӏвари кьолеб буго гьаниб гъоркьехун.

— Турфирма рагьулев чиясда тӏоцебе жиндаго лъазе кколеб батила тӏабигӏаталъул тӏокӏаб берцинлъиялъул, тарихиял ва цебесеб архитектураялъул хаслъи цӏунарал бакӏал. Дуца сундаса байбихьараб?

— «Одноклассникал» абулеб жамгӏиял гьиназул бутӏаялда батана кӏиго гӏолиласул къец, цояв дагъистанияв, цогидав эрменияв. Дагъистан Армениялдаса цӏакъаб бугин жиндирабго чӏезабулев нилъерасда эрмениясе гьикъулеб бугоан нужер дунялалдаго машгьурал бакӏал, гӏадамал рехсеян. Нилъерасул сихӏ къотӏана. Гьезул харбида гьоркьовеги жувачӏого дунгоги ургъана, гьеб суалалъе жаваб кьезегӏанасеб жо дидагоги лъалеб батичӏолъиялдаса намуслъана. Гьелдаса нахъе тӏадчӏун байбихьана лъазабизе нилъерго ракь, тарих. Интернеталда хъирщардилаго тӏаде ккана Камил Чутуевас церего рахъарал Дагъистаналъул берцинлъи рагьулел суратазде, гъира бижана гьел бакӏазде щвезе. Цо гӏадатияб фотоаппаратги босун къватӏиве вахъана. Лъикӏ лъугьарал суратал жамгӏиял гьиназда лъуна. Гьел рихьидал, жидееги бокьилин гьел бакӏал рихьизеян абулелги камичӏо. Газель машинаги ижараялъе бачун байбихьана нилъерго республикаялдаса 7-8 чи вачун хьвадизе. Басриял маршруткаби санагӏат гьечӏел ругин абулев чи кколароан, сапаралде бугеб гъираялъ разиго рукӏана тӏоцересел туристал.

— Дагъистаналъул рахъалъ чанги батӏияб пикруялъул чи вукӏунев ватила къватӏиса рачӏарал туристазда гьоркьов..

— Кӏиго-лъабго соналъ цебе букӏараб туристазул къокъа ракӏалдаса унаро. Нилъер гьаниб букӏана Москваялъул «Спартак» ва нилъер «Анжиялъул» футболалъул хӏай. Гьеб байбихьилалде чанго къоялъ цере кӏалъан рачӏана «Спартакалъул» болельщикал, мачт байбихьилалде жидее Дагъистаналда экскурсия гьабиларищан. Тӏаде балагьун согӏаб рагъа-рашариялъул, 9-10 гӏолохъанчи вукӏана. Спорталъул фанаталги батӏи-батӏиял чагӏи рукӏунелъул, гьел цо кӏалъазаризе дица нилъерго къагӏидаялъул махсара гьабулеб букӏана. Гьеб бичӏчӏулел гӏадал чагӏи гьечӏилан тана. Дагъистаналда рукӏарал кьвагьа-гӏанхъиязул, чӏвай-хъвеязул суалал рукӏана гьез кьолел. Гьезда бихьана тӏубан батӏияб Дагъистан, халкъалъул гӏаданлъи, миллияб хаслъи. Балхаралда оцбаялъул байрамалде щвана байбихьуда гьелгун. Кӏудияб хӏурмат гьабуна щванщинаб бакӏалда гьезул.

Кӏиго-лъабго къоги гьаниб бан тӏадруссунелъул, Дагъистаналъул рахъалъ тӏубан батӏияб пикругун, къвалал ралаго церего лъалел гьудулзабазулгун гӏадаб букӏана къо-лъикӏ гьаби. Гьединал мисалал чанги ккана…

Дагъистан бихьарал чагӏазул нилъер рахъалъ квешаб пикру букӏине рес гьечӏо.

— Байбихьизе захӏмат букӏанищ? Хӏалтӏухъабазе харжалги кьезе, цӏиял, машинабиги росизе ккани, гӏезегӏан харжал гьаризе кколел ратила. Хӏакъикъаталдаги хайир кьолеб иш бугищ гьеб..?

— Коммерциялъулаб иш цебетӏезе гӏарацги гьечӏого гӏелищха. Дир пикру кидаго буссун букӏуна фирмаялъул хӏалтӏул даража лъикӏлъизабиялде. Нилъер ракьалъул, гӏадамазул рахъалъ лъикӏаб пикругун тӏадруссун унел туристал рихьидал ракӏ бохула, жеги лъикӏ хӏалтӏи гӏуцӏизе гъира бала. Дагъистаналде унго-унгоги рокьи бугев, нилъерго ракьалъул хӏурмат гьабулев чиясдаса гьоболги разиго хутӏула. Гӏицӏго щолеб хайиралде ургъун гьеб рахъ цебетӏоларо. Дир хӏисабалда, нилъерго ракьалде гьалдолеб рокьи букӏине ккола.

— Нуж сапаргун рачӏараб бакӏалъе щиб хайир бугеб туризмалъул?

— Хӏалтӏи гӏуцӏизе лъарал бакӏазда хайирги буго. Туристаздаса жидеего пайда щолеб хӏал гьабизе рес буго щибаб районалда.

Гьелда ургъуларо нилъер гӏадамал. Тӏоцебесеб иргаялда дица налогал кьолел руго, хадубги 15 чиясе хӏалтӏи буго, ниж щванщинаб бакӏалда туристаз жидеего хӏажатабщинаб босун даран гьабулеб буго, кафеязда кваналел руго. Гьеб гурищ хайир?

Мадугьалзаби — чачаназ ва цогидал ниж щварал республикабазда, хӏукуматазда кутакалда лъикӏ гӏуцӏун буго гьеб иш. Нилъер гьаниб гьединаб даражаялде туризмалъул иш бахин анищазулъ хутӏулеб буго жеги. Гьелъ республикаялъего кьезе бугеб пайдаялъул тӏубараб бичӏчӏи щун гьечӏо гӏадамазухъе.

— Шамил, гьеб ишалъул анищазулъ цойги щиб бугеб дур?

— Къасд буго гьалбадерил рукъ базе. Гьебги нилъер магӏарул цебесеб архитектураялъул къагӏидаги цӏунун. Киб гьеб балебали жеги цойиде ккараб пикруги гьечӏо.

— Сунца вохизавулев бищунго? Сапаралъ араб мехалъ сурукъ щиб бихьулеб?

— Вохула, чӏухӏула нилъер халкъалъул гӏаданлъиялдаса, гӏадатлъиялдаса. Туризм, бизнесинги абун, гӏадамазулъа гьеб гьобол хиралъи, ракӏазул сахаватлъи билун инин хӏинкъун вукӏуна.

Пашманлъула гьайбатаб тӏабигӏаталда тӏибитӏараб чороклъи, росабазул рагӏалда ратулел рищниялъул гохӏал рихьун. Сапаразда хӏухьбахъулеб бакӏ нижецаго бацӏцӏад гьабула. Бакӏалъулал хӏакимзаби, ран галстукалгун, хъахӏал гурдалги ретӏун рукӏуна балагьун, къватӏиса рачӏарал дир туристазин абуни гьезул сверухълъи бакӏарула. Гьедин лъазарурал акциязда гӏахьаллъи гьабизе бокьанщинал туристал рачун хӏалкӏоларо. Рищниялъе къандалъабиги, квердахелалги дицаго росула, гьеб сапарги къадеквенги чӏобого букӏуна туристазе. «Рацӏцӏалъи цӏуне» абун гьел бакӏазда нижеца чӏван тарал игӏланал рухӏун ратула, нахъеги щвелалде гъобго чороклъи гьабун батула. Гьеб гьечӏищ нилъ намуслъизе ккараб жо…