2010 соналда Татарстаналъул президент Минтимер Шаймиевас иргадулал рищиязда гьеб хъулухъалде гъира бугезда гьоркьоб жиндирго цӏар загьир гьабичӏо ва захӏматаб, жавабчилъи цӏикӏкӏараб хӏалтӏудаса жиндиего бокьун гӏодов чӏана. Нилъер гӏумруялда гьединал хӏужаби къанагӏат гурони дандчӏваларелъул, гьединал гӏадамазул хӏурмат гьабизе бачӏуна. Гьев мустахӏикъаб хӏухьбахъиялде аралдаса дагьаб заманги инчӏо.

Минтимер рикӏкӏунаан ритӏухъав, гӏакълу камилав, кьураб рагӏи кколев, бадибе жо абулев нухмалъулевлъун. Жиндихъа бажарулеб, лъугьунеб жоялъе гьес кумек гьабизе хӏаракат бахъулаан, амма цо кинаб бугониги гӏиллаялдалъун гьабизе рес гьечӏеб жо, нахъе къачӏого, битӏахъего гьебги абулаан.

Ракӏалда буго, Дагъистаналде хъачагъал кӏанцӏидал, нилъер республикаялъе кумек гьабиялъул мурадалда, Россиялъул хӏукуматалъ хӏукму гьабуна киналниги субъектазда тӏадкъазе Дагъистаналъе кӏвараб кумек гьабиялъул иш. Гьеб мурадалда республикаялъул хӏукуматалъул членал, министрал щибаб республикаялда хадур щула гьаруна гьез кумек гьабун кьолеб къайи-матахӏалъул ургъел гьабизе ва гьеб Дагъистаналде бачӏиналъе квербакъизе. Мисалалъе, Краснодар краялъ кьуна 1000 тонна ханждал. Гьединго маххалдалъун, бакӏал ралел тӏагӏелаздалъун, цементалдалъун кумек гьабуна цогидал республикабазги. Татарстаналде ун, гьеб иш гӏуцӏизе тӏадкъана дидаги. Амма гьеб республикаялъул президентасул администрациялъул нухмалъулезулгун гьабураб накъиталъул хӏасилалда дида бичӏчӏана нилъее кумек гьабизе гьезул рес гьечӏолъи. Республикаялъул бетӏерасул цӏаралдасан гьеб ракӏбацӏцӏадго, добе-гьанибе цӏачӏого, гьез загьирги гьабуна. Гьелъухъги баркала буго, рукъ бакъунги тун, садакъа гьабилищха. Гьеб бугин ккола республикаялда жаниб социалияб рахъ, гӏадамазул рукӏа-рахъин къадарго бугони, сундухъго балагьичӏого, гьеб борхизабизе нухмалъулесул бугеб гъираялъул, жиндир миллаталдехун бугеб рокьиялъул, гьезда цебе бугеб жавабчилъиялъул хӏасил.

Гьанже рачӏинин дун гьаб макъала хъвазе тӏамураб аслияб пикруялде. Жакъа гӏумруялъул бечедаб хӏалбихьи бугев, миллаталъул кӏвар бичӏчӏулев республикаялъул президентасул гӏакълучи М. Шаймиев хӏалтӏулев вуго жамгӏияталда жаниб жидерго миллияб мацӏалъул кӏвар борхизабиялда тӏад. Татарстаналда гӏуцӏулел руго гӏемерал мацӏал лъазариялъул школал. Гьениб кӏвар кьолеб буго пачалихъияллъун кколел татар ва гӏурус мацӏал мухӏканго лъазариялде. Казаналъул федералияб университеталдаги мацӏазул махщелчагӏи гӏезариялде кьолеб кӏвар цӏикӏкӏинабулеб буго. Гӏеларищха, жакъа къоялде гьеб университеталда филологияб ва художествияб рахъалъ студентал цӏализарулеб анлъго факультет букӏин.

Нилъецайин абуни, кин бицаниги, рахьдал мацӏазул суалазде кьолеб кӏвар буго цӏакъго тӏаса-масагояб.

Чанго сон буго Дагъистаналъул университеталда гӏурус ва Дагъистаналъул халкъазул мацӏазул факультет къаралдаса, соналдаса соналде дагьлъулел руго гьенир филологияб факультеталда цӏалулел гӏолилазул къадарги. Беццилеб хӏал гьечӏо лъималаз рахьдал мацӏ лъазабиялъулги, тӏоцебесеб иргаялда, жалго эбел-инсул, хадуб школазул тӏалабалъулги. Гӏолеб гӏелалда гӏадлъун бихьулеб рахьдал мацӏалда кӏалъай, гьелда хъвараб цӏализе лъай. Лъикӏаб букӏинароандай лъималазул ахаздасан байбихьун, рахьдал мацӏал лъазарулел къокъаби гӏуцӏани, школа лъугӏун хадуб кьолеб ЕГЭялде гъорлъе гӏагарал мацӏазул суалалги журани, пачалихъияб хъулухъалде хӏакимлъун восулев чиясдаса жиндирго рахьдал мацӏ лъайги тӏалаб гьабуни!

Квеш ккеладай, цогидал мадугьалихъ ругел республикабаз гӏадин, нилъецаги нилъерго росабазул, къватӏазул цӏаралгӏаги гӏурус мацӏалдаго цадахъ жиб-жиб миллаталъ нилъерго мацӏалда хъвани? Тӏоцебесеб иргаялда, гьеб бараб буго районазул бутӏрузда, лъай кьеялъул идарабазул нухмалъулезда ва школазул директорзабазда. Россиялъул законазда гьеб гьукъараб бакӏги гьечӏелъул. Заман щун буго, макьидасаги рорчӏун, гьеб суалалда тӏад ургъизе.