«Годекӏан лъикӏаб жо, хӏикматал щвани, хӏалихьатал чагӏалъ гӏодор чӏечӏони». Гьединаб аби буго магӏарулазул.

Анкьумумулъанго бачӏараб гӏадаталда рекъон, годекӏан — гьеб кколаан лъикӏабги квешабги бицунеб, росдал масъалаби, гӏузраби дандралеб, харабаз тӏаде гӏолеб гӏелалъе тарбиялъул дарсал кьолеб, жакъасеб мацӏалда абуни, жамгӏияталъул унго-унгояб институт. Амма жакъа годекӏан гьединаблъун гьечӏо, хӏатта годекӏанин абураб рагӏицин гӏемер хӏалтӏизабуларо.

Бокьараб росулъе щвани, тӏаде вачӏарав гьоболас тӏоцебе цӏехолаан годекӏан бугеб бакӏ. Гьесда лъалаан годекӏаниса чи камулареблъи ва цо лъица бугониги жив рокъове вачине вугеблъи. Жакъайин абуни жамгӏияталъул гьеб институт тӏубанго биххун буго, щиб росулъе щваниги, нус-нус соназ умумул гӏодор чӏолел рукӏарал цӏорорал тӏалаби гӏицӏго ратула.

Щайха жакъа годекӏаналъул къимат хун бугеб? Кире арал, хьагиниса гелгӏанги гьениса камулел рукӏинчӏел нилъер хараби?

Цере годекӏабахъе унаан чӏахӏияз бицунеб харбихъ гӏенеккизе, росулъ ккара-тараб, рагӏараб-бихьараб гьенисан лъалаан. Гьанжейин абуни годекӏаналъул гӏакъиллъи лъугӏун буго, гьелде регӏарав чи гьечӏо. Чӏахӏияздаги гӏисиназдаги гьоркьоб кьер билун буго. Гӏисинал чӏахӏалъун руго, чӏахӏиял гӏисинлъун руго. Гӏакълу кьезеги чи тӏагӏун вуго, кьураб босизеги чи гьечӏо. Гьедин букӏиналъ лъугӏун буго годекӏабазул магӏнаги.

Цебе, ай чехь цӏезегӏан кваназе жо щолареб, хинкӏги хӏанги, хинкӏги хинкӏал рахъараб карщги кванан гӏадамал яшавалда ругеб, колхозалдаги хӏалтӏун, хӏалтӏаниги гъоркь ккуниланги абун кодобе жого щолареб заманалда годекӏан букӏана гӏадамасул керенги чучулеб, росдал рухӏияб рахъги бихьулеб бакӏ. Нус-нус соназ умумуз гьабулеб букӏанщинаб, гьаб ахираб заманалда бицунелъухъ гӏенеккидал, кинабго батана мекъи гьабураблъун. Ретӏелги батана мекъаб, кваналеб квенги батана мекъаб, рагъа-рачариги батана мекъаб. Гьединал хӏужабаз годекӏабаздаги кьаби щвезабуна ва гьелги чӏороголъана.

Умумузул аби буго годекӏаниб лъикӏаб жо бугила канахӏехьин абураб. Амма гьелъул магӏна жакъасеб гӏелалда лъаларелъул, гьелъул хӏакъалъулъги бицина. Магӏарухъ токги гьечӏеб, чирахъ бакизе нартги щолареб заманалда, магӏарулаз хӏалтӏизабулаан кан. Гьебги ккола гваргъун цӏа рекӏунеб цӏул. Годекӏаниб хабар бицунеб мехалда кверал квалквадизариялъул зарал букӏунарелъул, хӏатта имам Шамилил заманалда годекӏанир рукӏун руго хер чухӏулел ражихабицин. Гьединги пайда босулеб букӏун буго заманалдаса нилъер умумуз. Канахӏехьги гъоба букӏунила жамагӏаталъул гӏаммаб бетӏергьанлъиялда, гъобаса къваригӏарас гӏисинал чӏилал, цӏулал кескал къотӏун рокъоре росизе. Гӏемераб хабар бициналдасаги, мунагьал гьариялдасаги канахӏехьалде руссун рукӏин пайдаяблъун рикӏкӏунаан. Гьедин бижараб батилин ккола гьеб кици «годекӏаниб лъикӏаб жо канахӏехьин» абураб.

Хӏакъикъаталдаги, цебе тӏощелги жанибе буссараб, хур-херги гьабун лъугӏараб заманалда годекӏан букӏана ракӏгъеялъеги хӏухьбахъиялъеги гӏадамал руссунеб бакӏлъун. Гьанжейин абуни кинавго чи гъурщида хадув лъугьараб, цоцаде регӏулареб мех бачӏун бугелъул, годекӏабазулги къимат хвана.