Эбелав хӏакимасул хӏунсулеб хитӏаб

Машааллагь, исанасеб жиндирго Хитӏабалда улкаялъул хирияв ва даимав бетӏер Володя Путиница битӏахъе цӏам ххинабуна, бюджеталъул тӏину гьечӏеб ралъдалъ битӏахъе ччугӏби гӏадин лъедолел рукӏарал, рикӏкӏен гӏемерал чиновниказда.

Байбихьана таманал соназ рухӏалда барахщичӏого жиндиргун рукь цӏалев вукӏарав улкаялъул премьер, Питералъул профессор Дмитрий Медведевасдаса.

Дунялалда бугебщинаб магӏи-шатги щванила дуе, Дима, щибго камураб жоги хутӏичӏила гьаб гӏумрудулъ, Россиялъул Президент вищулелъул кинабгӏаги рокировкаги букӏине гьечӏила тӏокӏаб, гьанже парахат улкаялъул безопасность абураб жоги цӏунун, ацида аскӏов вукӏайилан лъазабуна ВВПяс ДАМедида, Хӏукуматги кодоса бахъун.

Киналго министералги чӏезаруна, ИО-йилан цӏакъ рокьукъаб цӏарги кьун, цӏерда хӏамул гӏадин.

Гьанже цойги цӏияб хабарги щвана Кремлиялъул гьундузухъа — гьадав хӏанчӏил цӏар бугев Генпрокурорги воржинавун вугила хъулухъалдаса. Амма квеш ккараб жо — Северо-Кавказский округалъул кӏудиявлъун «воржун» вуго. Ай хутӏаралги бюджеталда кӏутӏулел Кавказалъул «игитал» Лефортовалде ритӏизе.

Багӏаразул командир Колокольцевасул гӏинда кида цӏумур балебали лъалев чи пока улкаялда гьечӏо.

Хъулухъалъулаб чодаса рещтӏин-чӏого церехун ине бегьулел министрзабазда гьоркьов бахьикъосарал экспертаз рикӏкӏунев вуго кӏиго гигант, кӏиго Сережа-дипломатияб хӏаракатчилъиялъул акула Лавровги лебалав рагъулав комиссар Кужегудиновичги. Ай машгьурав Шойгу.

Тӏупун лъураб накӏкӏ рещтӏун буго сахлъи цӏуниялъул, культураялъул, экономикаялъул ва гь.ц. министрзабазул бутӏрузда тӏадги.

Палхӏасил, Путинил революционнияб Хитӏабалдаса хадур «тӏогьолаб» гӏумруялдаса ратӏалъизе бегьула Хӏукуматалъул кормушкаялда рукӏарал киналго чиновникал.

Я, бетӏергьан Аллагь, Москваялъул репормаби республикаялдеги щвагиха.

Амин!