Щиб дица бицинеб нужей, аварал —
Аваданлъи гьечӏеб гьаб гӏумрудулищ,
Гӏурулъе рортарал тӏамхал киниги,
Тӏерхьун унел ругел гьал соназулищ?
Щиб дица бицинеб дуе, дир миллат —
Рагӏи бичӏчӏулареб гӏантлъиялъулищ,
Гӏаданлъи-яхӏалъул махӏ хутӏичӏезе,
Эхетун хъат чӏвалеб заманалъулищ?
Зарул къуват бугез тӏалъиги босун,
Тӏатӏала ккун унеб улкаялъулищ,
Яги кочӏол къимат хӏатӏикьги мерхьун,
Хӏалихъе рахъарал пуэтазулищ?
Бетӏер унтизегӏан тӏад ургъаниги,
Тӏубан ракӏ бохизе хис-басго гьечӏо,
Гьидалъа Хочбарги, хирад Имамги,
Ахӏуд ун къанщарал наибзабиги..
Щиб нужей бицинеб, чӏагоязда гъорлъ
Чӏчӏеларин угьдилеб ракӏ бугей дица?
Мекълъигун тӏекълъиялъ лъукъ — лъукъарай дир,
Рагӏи хутӏун гьечӏо, магӏу гурони!