Виччанте, Чамасдак, чирахъ бакизе,

Бекулеб бугин гьод гьаб нагрузкаялъ,

Рещтӏа гӏодой, чӏужу, чӏван лъунин дир черх,

Чияца чӏваясул Указ сабаблъун.

Гьанже харадуниб херлъарав дие

Хабалъ босизейищ ханасул гӏарац?

Херлъун тату хварав тухьулиясе

Маткапитал бокьун, рокьиго щайзе?

Рукьбузда нур ссварав субалучасе,

Путинил кепкаца кепго кьеладай?

Кьаву чӏвараб туманкӏ, ишан ккунилан,

Унго, кьвагьиладай, гӏужда щвеладай?

Дун — идиотасул речӏарал лугби,

Капитал кьунилан цӏилъун рачӏинищ?

Кьиндалил хух гӏадай гванзай лъадуца

Молода лъеладай мехго щвелелде?!