(Эбелаб гара-чӏвари)

Бицунеб хабарги, гьабулеб ишги, хъвалеб асарги гӏицӏго жиндиего хасиятаб, сверухъ ругезулалдаса батӏияб, цо-цо мехалъ хваниги нилъ хадур гъолареб, нилъеда бичӏчӏулареб букӏуна магӏарулазул бищунго пагьму-гьунар бугел хъвадарухъабазул цояв Гъазимухӏамад Гъалбацӏовасул.

Гьесул цо «Гӏодобнакӏкӏ» гӏеларищ гӏалам кантӏизе?!

Гьаб Цӏияб соналъул сордоялъ ккараб нижер хабар-кӏал кӏутӏун къалмиде босана дица.

— Газик, кинаб букӏараб дуе басрияб сон?

— Пьеса хъвана – «Андагудур».

(Гьединги абун, цо цӏодораб куцги гьабун, чӏваркьан дихъ валагьун чӏана авар адабияталъул чӏалу гӏадав Гъалбацӏов).

— Тӏубараб лъагӏелищ гьеб Андагудуралда тӏад араб?

(Гъазимухӏамад велъанхъана. Гьесда бичӏчӏана дир суалалъулъ «гьаб цӏаргӏаги киса щвараб, гьадигӏан цӏакъаб, цӏалдолезеги щай рагьулареб гьелъул гъварилъи» – ян абураб пикру букӏин. Амма гьеб бичӏчӏизабизе лъугьинчӏо – лъикӏаланго заман хӏажалъулила гьелъул гъварилъи-гӏатӏилъи, ай рагӏа-ракьан цӏехезе ккани).

— Тӏубараб лъагӏел инищха, амма дие гьеб аслияб жо букӏана араб соналъ… Квартираги щвана, гьеб жо хъвачӏого те.

— Гьебали, бокьун батичӏони, хъваларин, чура- хули букӏунарищ?

— Чурулеб рукъ гуро, ремонт гьечӏо жаниб вабще…

— Часни бакӏищ, секцияйищ? Комнатагӏаги чан бугеб?

— Секция, канешно. 3-х комнатни. Комнатаби хъвачӏониги бегьила – чан чекист вугев гьаб дунялалда.

— Кигӏаналъе босараб?

— Босичӏо, пачалихъалъ кьуна.

— Цо гьединаб сахаватаб пачалихъ ниже-нижееги кисандай щвелеб?

— Гьеб щивасул пагьму-гьунаралда бараб жо буго.

— Араб соналъ бищунго мун вохизавурабги, бищунго мун пашман гьавурабги кӏиго яги чанго лъугьа-бахъин?

— Бищунго пашман гьавуна, бахчун щибилеб, гьадаб дуца риидал диде хъвараб Рагьараб кагътица. Килщал рортун айгийин дур.

Бищун вохараб жо – Мухӏудада Дагъистаналъул парламенталде вищи.

(Гьев велъана ва дида бичӏчӏана гьеб Рагьараб кагътида хурхараб чара хвараб релъи букӏин).

Цогиги вохизе ккараб лъугьа-бахъин – лъикӏай гӏаданалъулгун лъай-хъвай ккана.

(Гьанжесалалъ дун велъана – дагьал руччабазе зурма пурав чи гурелъулха господин Гъалбацӏов!)

— Гьеб кинабго бичӏчӏана, гьанже бице гьаб ахираб заманалда пьесабазде ваялъе гӏилла щиб? Дун мекъи ватичӏони, гъоркьисала дур кӏигониги пьеса лъуна Авар театралъ.

— Кутакалда захӏматаб жанр буго драматургия. Дир рес букӏарабани, дица адабияталде вачӏуневщинав гӏолилав тӏамилаан пьеса хъвазе- хъвадарухъан вугищ – гьечӏищали лъазе. Гьелъ бицуна ва борцуна кинабго.

Дие цӏакъ бокьула драматургия.

Хӏакъикъаталдаги, театралъ ахирисеб кӏиго лъагӏалида жаниб дир кӏигониги пьеса лъуна. Лъабабилеб лъелищали лъаларо…

— Дур Андагудурги лъечӏеб щибгӏаги гьез лъелеб?

— Лъаларо…

— Дуе бищун рекӏее гӏолев хъвадарухъан ва поэт?

— Чӏагоязда гьоркьосайищ, хваразда гьоркьосайищ яги чӏагого хварал бездаразда гьоркьосайищ?

— Батӏалъи гьечӏо.

— Бездарал дие хронически рихарал руго. Бищунго рокьулел – Хӏамзатги Расулги.

— Гӏолохъаназда гьоркьоса?

— Гъалбацӏов…

— Цӏияб соналъе дур ругел планалищ гъол, къасдалищ яги анищалищ?

— Маргьабазул тӏехь хъвалеб буго. Гӏурус мацӏалдаса таржама гьабураб цо-кӏиго тӏехьги буго кинго басмаялде бахъизе кӏоларого. Хъалиянги тезе буго.

— Хъалиянали лъаларин, гьекъолеб жо кида тезе бугеб?

— Гьелда хъваге, букӏухъе те.

— Араб соналъ бихьараб, ракӏалда чӏараб макьу – дида лъала дуца гьел «ракӏарулел» рукӏин?

— Букӏана гьеб гӏамал – рихьа-рихьарал макьаби хъвалеб, гьанже хъвалелги гьечӏо, ракӏалдаги чӏолел гьечӏо.

— Щиб ккараб?

— Щибаб къоялъ цого бакӏалълъ гуро ворчӏулев вукӏарав басрияб соналъ.

— Исанагӏаги пачалихъалъ кьураб хъала гӏадаб секциялда, ай цо бакӏалълъ ворчӏилародай?

— Гьеб мехалда кьезе кӏочонге гьеб. Лъикӏаб суал бугин.

— Цӏияб соналъ магӏарулазе щиб гьарилаан?

— Гьарила цӏураб бакъвараб гьанги, цӏияб кьарияб гьанги, бацӏцӏадаб гӏаракъидул шишаги, гьуинаб хабарги. Цойги: 1 январалъ рорчӏараб мехалъ, исана жиндир сапожки гьечӏин, шуба босичӏин, Гӏалил, Гӏумарил гӏемераб гӏарац бугин, гьединалщинал гӏантал пикрабиги гъоркьан риччан, Борис Ельцин лъикӏав гьечӏин, исанаги Жириновский ворчӏанин, гьединалщинал пикрабиги тӏасан риччан, бихьинал бихьинал гӏадин, цӏуял цӏуял гӏадин рукӏине бокьила Цӏияб соналъ!

— Дир бакӏалда щиб суал дуцаго дуего кье-лаан?

(Щибго ургъичӏого, бачӏинахъего). Гьаб интервью дицайищ чурилеб, дуцайищ?

— Жавабги кьеха дуцаго…

— Босарас чуризе ккелаха!

Гъалбацӏовасул гьеб заключителни калимаялдаса хадуб, 1995 соналъул ахирисеб сардилъ, ахирисел гъурщалги кьун, дица босана бацӏцӏадаб гӏаракъидул цо сурахӏи.

Цӏияб сонги цоцада баркун, тӏолалго магӏарулазе сахлъабазул гохӏги гьарун, гӏезегӏан гарамал риччана нижеца.

Икъбалалъ нилъеда къвал бараб, къадарлъиялда нилъеца мал бараб батаги, гьудулзаби, гьаб 1996 – абилеб сон!