Гьедин абун ругьунлъун руго нилъ. Мурадис Салимхановасул тӏехьалъе гьел рагӏабаздалъунцин бажаруларо къимат кьун. Абизе бегьила, гьениб баян гьабулеб бугин жакъасеб къоялъул биялъ белъараб, магӏилъ къаламги ччун хъвараб, чанги хъизамазул къисмат бульдозералъ чӏинтӏараб хӏакъикъатин абун.
Тӏехь цӏализе байбихьараб сордоялъ дида макьу щвечӏо… Магӏарул росулъ биология-лъул дарсал кьолев вукӏарав учитель вачун уна пуланал гӏадамаз. Гьесда бихьараб гӏакъуба-гӏазаб хӏехьон бажарулеб жо гуро. Гьесул гӏащтӏичагӏицин гӏажаиблъун хутӏула гьесул къохӏехьеялда. Канлъукъав учитель беццлъизе дагьав хутӏула. Гьесул ургьиб хутӏуларо цониги сахаб лага. Кигӏан гӏазаб кьуниги, гьев мутӏигӏлъуларо. Гьаб гӏакъуба хӏехьезегӏан, хунго лъикӏан вукӏуна гьев. Амма гьесул ракӏ гӏасилъуларо. Туснахъалда дандчӏваразул ракӏбатизабула гьес. Гьезул «гӏумру» бигьа-лъизабизе хӏаракат гьабула. Кигӏан согӏавги чиясулъ лъикӏал рахъал ратун бажарула гьесухъа: «кьижун, гъапуллъун» бугеб гӏаданлъи борчӏизабула, гурхӏел гьабизе тӏамула. Кин бугониги, хваликьа ворчӏуларо гьев.
Салимхановасул асаралъул багьадурасул цӏар билула. Щибаб къоялъе батӏияб цӏар ургъула гьес. Гӏакълу-лъаялдаса ун гуро – низам цӏунулез ургъараб системаялъе инсанасул цӏаралъулги къадру-напсалъулги батӏалъи гьечӏеблъи бичӏчӏун. Мухӏамад вугониги, Гӏусман ватаниги, школалъул учитель яги рохьазда вахчарулев хъачагъ – системаялъул къорикье ккарав чи гьелъул зулмуяб къуваталъукьа ворчӏизе рес гьечӏо. Гьединлъидал цӏодорго рукӏине ккола. «Дица законалъул тӏалаб хвезабичӏин, ракълилаб гӏумруялъул вакил вугин дунан» абун кигӏан мун ахӏданиги, духъ гӏинтӏамуларо. Нилъ кантӏизаризе хъвараб къиса буго гьеб.
Кантӏизе ккола, мадугьаласулъ жахӏдаги букӏун, гьесул хӏакъалъулъ гьал-дол харбал рицунеб мехалда, гьел харбазул хӏасил кинаб букӏинебали лъаларелъулги. Кантӏизе ккола, мегеж халат гьабун, дове-гьаниве хьвади гӏемерлъун, гӏолохъанав вас рукъалдаса рикӏкӏалъулеб мехалдаги. Кантӏизе ккола, исламалъул нухккуравин, диналда тӏадчӏей бугевин абун, яс ригьнаде кьолеб мехалдаги. Кантӏизе ккола, уголовнияб дело рагьиялъул мурадалда (ай гьеб рагьанин абун, погоналда цӏва жубаялъул хьулалда) туснахъалде ккарав чиясе гӏакъуба-зулму гьабулеб мехалдаги. Метерисеб къоялда щиб бихьизе хъван бугебали лъиданиги лъаларелъулгӏаги, кантӏизе ккола.
Абичӏого гӏоларо, гьединаб тӏехь хъвазе хӏажалъула бахӏарчилъигун бихьинчилъи. «Адвокатлъун хӏалтӏулеб заманалда, пуланаб судалде, чӏванкъотӏараб идараялде гӏемерал кагътал, хитӏабал, гӏарзаби хъвана дица. Гьезул аслияб мурад букӏана гӏайибго гьечӏел гӏадамазул рахъалъ ритӏухълъи цӏунулеб гьечӏолъи загьир гьаби. Хьул букӏана дир гьаракь чарагьечӏого рагӏиялде – ишцоязда, гьудулзабазда, инсанасул къисматалъул пикру гьабулезда. Заманалдасан дида бичӏчӏана, дир ахӏиялъул хӏасил кколареблъи. Гьанже дир тӏахьал руго киналго гӏадамазде гьабураб хитӏаб. Инсанасулги гьесул къисматалъулги багьаго гьечӏо, гьоркьохъел гӏасрабазул заманги нахъа тун, XХӀ гӏасруялда гӏумру гьабулел нилъ ругониги. Жакъа нилъ ккараб бакӏги буго, цебехун жеги цо гали бахъани, нилъ кӏкӏалал тӏинде рортиялъе хӏинкъи бугеб гӏорхъи. Биччанте болъоялде (хабалалъе жаназа босулеб молоде – К.С.) нужер сапар бигьалъизе!» — ян хъван буго авторас.