Исана январь моцӏалда 105 сон тӏубала физикиялгун математикиял гӏелмабазул кандидат, философиял гӏелмабазул доктор Халил Мухӏамадович Фатагӏалиев гьавуралдаса.
Х. М. Фатагӏалиев гьавуна 1915 соналъул 21 январалда Гъуниб районалъул Кудалиб росулъ. Гьесул эмен Мухӏамад вукӏун вуго жиндир заманалда рекъон гӏезегӏан бажари-лъай ва гӏараб цӏали бугев, наибасул мирзалъун хӏалтӏулев чи.
1924 соналда Халил ун вуго гӏагараб росдал байбихьул школалда цӏализе. 1927 соналда росулъ 3 классги лъугӏун, росдал школалда 4-абилеб класс букинчӏолъиялъ, гьев Салтӏа росдал школалде цӏализе уна. Гьениса лъаялде гӏашикъав Халил Гъуниб опорнияб школа-интернаталде цӏализе уна. Гьенив, 1926 соналда гьев восула комсомолазул кьеразулъе.
1929 соналда лъикӏал къиматазда гьеб лъугӏарав цӏалул цевехъан Халил, ВЛКСМалъул райкомалъул
бихьизабиялда рекъон, Гъуниб районалъул лъай кьеялъул отделалъ Х. М. Фатагӏалиев цӏализе витӏула Махӏачхъалаялда рагьараб индустриалиябгун экономикияб техникумалде. Гьениб ункъо сонилаб цӏалиги лъабго соналда жаниб лъугӏизабун, кӏудияб бажари букӏин якъинго киназего загьирлъана. Хасго цӏикӏкӏараб рекӏел цӏайи букӏана гӏолиласул тӏабигӏаталъул гӏелмабазде: физикаялдехун ва математикаялдехун. Гьединлъидал, 1932 соналда техникумги лъугӏизабун, гӏумруялъул 17 сон тӏубарав Халил Фатагӏалиев Москваялде М.В. Ломоносовасул цӏаралда бугеб университеталъул (МГУ) физикаялъулаб факультеталде цӏализе уна.
1937 соналда МГУялъул физикияб факультет лъугӏарав гьев, ректораталъул хӏукмуялдалъун гьенивго аспирантураялда цӏализе тола. Гьел соназда гьес печаталда рахъана гӏезегӏанго гӏелмиял макъалаби. Гьедин, тӏоцебе 1939 соналда басмаялда бахъана гьесул «Загӏипаб макъратӏисалъ плазмаялъе (электрикияб заряд бугеб атом) гьабулеб асар» /«О влиянии слабого магнитного поля на плазму/» абураб хӏалтӏи.
Физикаялъулгун математикиял гӏелмабазул кандидатасул диссертацияги цӏунун, 1940 соналда гӏагараб ватӏаналде тӏадвуссарав гьев педагогикияб институталъул физикая-лъул кафедраялъул заведующийлъун тола. Кӏиго соналдасан, гьев тӏамуна гьеб институталъул директорлъун.
Рагъул соназда гьесда божилъи гьабуна КПССалъул Дагъобкомалъул отделалъул заведующиясул хъулухъ, 1946 соналдайин абуни гьев вищана партиялъул Дагъобкомалъул кӏиабилев секретарьлъун.
1947 соналда Х. М. Фатагӏалиев вищула ДАССРалъул ва РСФСРа-лъул Верховныял Советазул депутатлъунги. Хадуб, гӏелмуялде гьесул бугеб гъира бихьун, гьев витӏула Москваялде, докторантураялде цӏализе. Халилие цӏакъ бокьулаан философия. Гьединлъидал батила, гьес хӏаракат бахъараб «Советияб физикаялъул гӏелмуялда диалектияб материализмалъе гӏоло къеркьеялъул тарих» абураб темаялда тӏасан докторасул диссертация хъвазе. 1950 соналъул декабралда гьес, гьеб темаялда диссертацияги хъван, гӏелмабазул докторасул цӏарги цӏунана. Гӏолохъанав гӏалимчи Халил Фатагӏалиев Москваялъул МГУялдаго хӏалтӏизе тола байбихьуда диалектикияб ва историкияб материализмалъул кафедраялъул кӏудияв гӏелмияв хӏалтӏухъанлъун. 1953 соналда гьев тӏамула философиялъулабгун естественниял факультетазул кафедраялъул заведующийлъун ва гӏумруялъул ахирисел къоязде щвезегӏан гьенив хӏалтӏана.
СССРалъул Гӏелмияб академиялъул членал-корреспонденталгун цадахъ лъугьун, гьесул нухмалъулеб кафедраялъ къватӏибе биччана «Тӏабигӏат лъаялъул философиял суалал» абураб, лъабго томалдаса данде гьабураб гӏелмияб хӏалтӏи. 1959 соналда гьесул хӏалтӏаби мустахӏикълъана М.В. Ломоносовасул цӏаралда бугеб премиялъеги.
Х. М. Фатагӏалиев гӏелмияб гьунаралъе мустахӏикъаб къимат кьуна къватӏисел улкабазул гӏалимзабазги. 1958 соналда гьев витӏун вукӏана Германиялде, философиялъул суалазда тӏасан лекциял цӏализе. Гьев кӏалъана Берлиналъул, Лейпцигалъул университетазул гӏалимзабазда цеве. Гӏенеккаразул ракӏалде щвеязда рекъон, Халилица лекциял цӏалулел рукӏун руго киналгӏаги хъвай-хъвагӏаялги кодор гьечӏого.
Х. М. Фатагӏалиевас философиялъул гӏелмиял хӏалтӏаби руссинарун руго паранг, немец, ингилис, румин мацӏаздеги. Гьес нухмалъи гьабулеб букӏараб кафедраялъ къокъабго заманалда, ай 10 соналда жанир къватӏире риччана 350 гӏелмияб хӏалтӏиги 70 тӏехьги. Гьес жинцаго абуни хъвана 60-ялдасаги цӏикӏкӏун гӏелмияб хӏалтӏи. Гьесул 1959 соналъул риидал басмаялда бахъизе кьураб «Тӏабигӏиял гӏелмаби ва жамгӏияталъул хӏакъикъиябгун хӏалтӏулаб кьучӏ» абураб ахирисеб гӏелмияб тӏехь къватӏибе бачӏана 1960 соналда, ай гьев хун хадуб.
Машгьурал гӏалимзаби М. Шахпороновас, Г. Касавиница, К. Новосельцевас, П. Сивоница, Х. М. Фатагӏалиевасул пикрабазул гӏелмияб гъварилъиги бихьизабун, чанго хӏалтӏаби хъвана гьесул хӏалтӏабазулъ рагьарал философиялъул суалазул хӏакъалъулъ. Халил кколаан М. В. Ломоносовасул цӏаралда бугеб премиялъул лауреат, РСФСРалъул Верховный Советалъул депутат. Гьесул гӏелмияб хӏаракатчилъи кӏодо гьабун букӏана «Захӏматалъул Багӏараб байрахъ» ва «Хӏурматалъул гӏаламат» орденаздалъун ва «Кӏудияб Ватӏанияб рагъда бихьизабураб бахӏарчияб захӏматалъе гӏоло» ва «Кавказ цӏуниялъе гӏоло» медалаздалъун. Х. М. Фатагӏалиев кколаан чанго гӏелмияб журналалъул редколлегиялъул членлъун, СССРалъул гӏелмабазул Академиялъул философиялъул Институталъул гӏелмияб советалъул членлъун ва КПССалъул ЦКялъул лекторлъун.
1959 соналъул 23 октябралда ракӏалдаго гьечӏого Бакуялдаса Москваялде боржунеб букӏараб Ил-14 самолет, Внуково аэропорталда гӏагарлъухъ гӏодобе бортун бухӏиялъул хӏасилалда, гӏолохъанго, жеги 44 сонил ригьалда, абадиялъул рокъове ана гӏелмияб тарихалда бихьулеб лъалкӏ тарав гьунар бугев гӏалимчи Халил Фатагӏалиев. Доб 1959 соналъул 23 октябрь хӏакъикъаталдаги балагьалъулаб къолъун кканин абизе бегьула. Щайгурелъул Халил тӏад рекӏараб самолеталъе байбихьудасанго гьава-бакъалъ квалквал гьабулеб букӏиндал. Сталинградалъул аэропорталде 2 сагӏаталъ кватӏун щвараб самолет, гьениса Москваялде боржана. Внуковоялда рещтӏинеги кӏвечӏого, кӏиго сагӏаталдасан гьеб Сталинградалде тӏадбуссана. 14 сагӏаталъ хӏалхьи гьечӏого гьеб бачунеб экипажалъ нахъеги Москваялде сапар бухьана. Внуково аэропорталда рещтӏунеб гьеб, 20 метр борхалъи бугел гъутӏбузул караздаги хъван бортана ва самолеталда цӏа рекӏана. Экипажалъул щуго чи ва 23 пассажир, гьездаго гьоркьор рукӏана Халил Фатагӏалиевги композитор Сергей Агъабабовги, хвана. Чӏаго хутӏана гӏицӏго цохӏо чи.
Халил Фатагӏалиев лъалев вукӏаразул рекӏелъ гьев хутӏана унго-унгояв гӏалимчи, гӏенеккаразул рекӏелъе бортулеб каламалъул, ракӏбацӏцӏадго жамгӏияталъе ва пачалихъалъе хъулухъ гьабурав хӏаракатчи хӏисабалда. Гьесул росуцояв Ахӏмадкъади Давудовас жиндирго «Фатагӏалиев ракӏалде щвеялъе» абураб кочӏолъ хъвалеб буго:
«Халил, дур кьерилал
гӏунтӏун тӏилалгун
Росдал годекӏабахъ харбида руго;
Аралъул, таралъул, букӏинеселъул
Бицунеб буго гьез заман иналъе.
Цо нухалъ дур бицун
хабар ккарабго,
Херав кудалисес берал рацӏцӏана;
Хадубго разияб рекӏел асаргун,
Гьес дур гӏумруялъул
сурат бахъана.
Дур гӏумруялъул нух –
гӏелмуялъул нух,
Дур захӏматалъ бараб
нигӏматалъул ах,
Гьаб Дагъистаналъул
гӏолел гӏелазе.
Гӏемерал гӏасрабаз
мисаллъун чӏела.
Дур гӏумрудул гама
гӏелмудал ралъдалъ
Лъедана — дуниял хӏайран гьабуна;
Гьелъ кьураб канлъуца
гӏалам боххана,
Гӏакълу камилав мун
халкъалда лъана.
Дагъистаналдаса Ломоносовин
Букӏана дуе кьун
машгьураб тӏокӏцӏар,
Кибего рагӏарав гӏалимчиясул
Шапакъат тӏоцебе дуе хӏакълъана.
Халил, паркъун араб къокъаб
дур гӏумру,
Къокъидго къотӏараб
ихдал хӏанчӏил кечӏ.
Дуца нахъе тарал хӏикматал ишал, —
Дагъистан бохизе
хутӏарал лъалкӏал»…
Гӏелмияб тарихалда бихьулеб лъалкӏ нахъе тарав ва халкъалъ жидеда «Дагъистаналдаса Ломоносов»-илан абулев вукӏарав кӏудияб жаналъул инсан Х. М. Фатагӏалиевасул хӏурматалда гьев хӏалтӏулев вукӏараб Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул азбаралда лъун буго мазгарул бюст. Гьесул цӏар кьун буго ДГУялъул физикияб факультеталъул гӏелмияб лабораториялъегун гьев цӏалулев вукӏараб Гъуниб райцентралда бугеб школалъе.