Мурадис Салимханов гьавуна Хунзахъ районалъул Гьоцӏалъ росулъ. 1989 соналда лъугӏизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул юридикияб факультет. Хӏалтӏулев вуго адвокатлъун. 1999 соналдаса нахъе гьеб ишалда вуго Москваялда. Хӏалтӏулаго дандчӏварал батӏи-батӏиял гӏадамазул къисматазул хӏакъалъулъ хъварал «Биологиялъул учитель», «Тӏоцебесеб гӏазу» ва «Хӏожо» абурал къисабиги данде гьарун, дагьалъ цебе Москваялъул «Ватӏан» абураб басмаханаялда къватӏибе бачӏана хасаб тӏехь. Гьесулгун буго нижер гара-чӏвари.

— Мурадис, сундул хӏакъалъулъ бицунеб бугеб дур тӏехьалда ва щай дуда ракӏалде ккараб художествияб асар хъвазе? Гьезие кьучӏлъун щиб кколеб?

— Дирго хӏалтӏул хӏалбихьи, гӏумруялда дандчӏварал, ай дица ихтиярал цӏунизе хӏаракат гьабурал хӏакъикъиял гӏадамазул сипаталгун къисматал. Гьезул цо-цоял гьабсагӏатги чӏаго руго. Гьайгьай, руго авторасул тӏадежураялги. Дие бокьун буго гӏадамазда абизе: мех-мехалда нужедаго сверухъ балагьизе ккола, пикру гьабизе ккола гӏумруялда лъугьа-бахъунеб жоя-лъулги. Цо гӏакъилас абун буго: «Бищунго гӏодобегӏанасеб даражаялда гӏумру гьабулев чиясулги буго, наялде дандеккун, цебеккунго хӏисаб гьабизе, гьаризесел ишал къалмиде росизе бажари». Инсанасда тӏадабги буго гьедин гьабизе, щайгурелъул гьес жинцаго пикру гьабизе ккола букӏинеселъулги, жакъасеб хӏакъикъаталъулги, нахъа тараб гӏумруялъулги. Иммануил Кантица абухъего, гьесда батизе ккола заман, гьоркьо-гьоркьор зодор кунчӏулел цӏвабзазухъ

балагьизеги.

— Кинаб жанралда хъварал асарал ругел дур?

— Жакъасеб гӏумруялда релълъарал – гьел руго драмаялъул асарал. Масала, гьал къоязда «Черновикалъул» сайталда дида бихьана къварилъиялъ къвал барав инсул сурат. Гьес кодоб ккун ругоан полициялъулаз чӏварал васазул суратал. Дица хъварал къисабазул аслияб мурад буго гьединал хӏужабазде гӏадамазул пикру буссинаби. Жакъа дов вуго пашманго, метер дидеги рещтӏине бегьула гьединабго къварилъиян абураб жо бичӏчӏизе ккола щивасда.

— Дур тӏоцебесеб тӏехьищ кколеб гьеб?

— Тӏоцебесеб тӏехь къватӏибе бачӏана 2016 соналда азарго экземпляр тиражгун. Гьеб хехго бичун ана. Тӏехь цӏаларал гӏадамазул гьариялда рекъон, гьеб цӏидасан бахъана 2017 соналда. Гьебмехалда дихъе рачӏине байбихьана кагътал: цӏалдолез гьарулеб букӏана, аслияв багьадурасул къисмат кин ккарабали баян гьабулеб асар хъвайилан абун. Гьебго соналъул ахиралде хъван бахъинабуна дица кӏиабилеб тӏехь – «Тӏоцебесеб гӏазу». Гьебги бичун ба-хъана къокъабго заманалда. Дихъцин хутӏичӏо гьелъул цогӏаги экземпляр. Гьанжеги гьарана дида, хадусеб тӏехь хъвайилан. Дица хъвана ахирисеб бутӏа ва гьелда лъуна «Хӏожо» абураб цӏар – гьеб босана халкъияб биценалдаса.

— Щай дуца тӏехь хъвараб гӏурус мацӏалда?

— Бокьун букӏана магӏарул мацӏалда хъвазе. Амма рокъоса къватӏиве вахъарав чи ккола батӏияб культураялъул къвалакье. Рахьдал мацӏалда цӏалдолел гӏадамазул къадар цӏакъго дагьлъун буго. Гьединлъидал дида мекъаблъун бихьана магӏарул мацӏ лъаларел дагъистаниял гьениб бицунеб хӏакъикъаталдаса махӏрум гьари. Гьенир рехсарал лъугьа-бахъинал руго щивав дагъистаниясда хъинтӏулел, жалго цӏуниялъул мурадалда щивасда ричӏчӏизе кколел, щивасул рекӏелъ бусен лъезе мустахӏикъал.

Дица бажарухъе къокъ гьабуна сюжет. Жа-къасел гӏолилазе рокьуларо халатал къисаби.

— Рахьдал мацӏалъ кинаб бакӏ кколеб дур гӏумруялъулъ?

— Бицинеги, хъвадаризеги, цӏалдезеги лъала. Хъизамалдаги бицуна рахьдал мацӏ. Дида ракӏалда буго, Хунзахъ районалъул судалъул данделъи тӏобитӏулаан магӏарул мацӏалда. Туснахъ гьавиялъул хӏакъалъулъ хӏукмуги бахъулаан магӏарул мацӏалда ва хадуб буссинабулаан гӏурус мацӏалде. Амма жакъасеб хӏакъикъат тӏубанго батӏияб буго. Пачалихъиял идарабаздаги школаздаги – киса-кибего чучлъун буго рахьдал мацӏалде кьолеб кӏвар.

— Гьанжесеб судалъул системаялдаса рази гьечӏел гӏадамал гӏемер руго. Судияс ришватал росулин, адвокатал гьезукьа бергьунарин абулел хӏужабиги дагьал гьечӏо. Дур пикруялда рекъон, щиб гьелъие гӏилла?

— Ахираб 20 соналъул хӏасил буго гьеб. Судалъул система гьел соназда гӏуцӏана административиябгун командаялъулаб къагӏидаялда. Сахаб жамгӏияталъе хӏажатаб букӏуна ритӏухъаб суд. Жамгӏияталдаго ритӏухълъи гьечӏеб мехалда рес гьечӏо судаздаги ритӏухълъи батизе. Пуланав социологас абулеб буго, гӏолохъанал, цебетӏеялъе рес бугел гӏадамаз жалго жидецаго чӏваялъе гӏилла бугила, социалияб рахъалъ ритӏухълъи цӏунунгутӏи, букӏинеселде божилъи гьечӏолъи. Гьеб бичӏчӏарав чиясул я гьекъолдухъан вахъуна, яги гьев хола, живго жинцаго чӏван. Цӏунулел гьечӏо ихтиярал, чӏезабун гьечӏо ихтияразулъ ращалъи. Демократиялъе битӏараб къимат кьун букӏана Владимир Лениница: гьеб кколила бечедазе алжанлъун, мискиназе жужахӏлъунин абун. Нилъер улкаялда демократия гьечӏо, гьечӏо сундулго цебетӏей. Гьединаб хӏалалда кинаб ритӏухълъи букӏинеб судалдаги?