Нилъер щивасул буго гӏумруялъулги гӏадамазулги тӏехь.
Зама-заманалдасан гьенире раккидал, нилъеда ратула цӏакъго хириял тӏанчалги. Унго-унголъунги гьезулъ батулебщинаб хинлъиха. Гьел мухъаз гӏажаибго берцинал накъищал угьун рукӏуна нилъер къисматалда. Гьалбадерил горсверуда бижун бачӏунебщинаб махсара-хочӏги рекӏелгъейги. Щибдай гьединаб берцинаб гӏадаталъул багьа! Анкьумумузго нилъехъе ирсалъе кьураб гьеб берцинаб гӏадат-гьобол къабул гьави — жакъаги тӏегьалеб буго. Гьоболасе гьабулеб адаб — гьеб ккола нилъер намусалъул тӏадегӏанлъиялда чӏвараб байрахъ. Гьеб парпалеб букӏуна, нилъер гӏумруялъе гьогьенги гьабулаго. Гьеб гьогьеналъул рогьеллъун ккола гьобол разилъи ва нилъее гьоболас кьолеб баркала. Нилъедаса гьесул разилъи – гьеле яхӏ-намусалъул тӏогь.
Богӏол рокьи – гьеле гьеб горсверуда бижулеб хӏикматги. Гӏемер рагӏана умумуз такрар гьабулеб гьеб калам — богӏол рокьи. Амма жакъа дида ракӏалде ккола гьеб рокьи загӏиплъулебцин гьечӏодайилан. Гьеб мукъсанлъанагӏан, мукъсанлъулеб буго цоцазе кьолеб хинлъи, сунеб буго адабалъул нур. Богӏол рокьи цӏилъани, цӏилъизе руго дунялго бахилал нилъер гӏадаталги гӏамалалги. Беричлъаги, берцинлъаги нилъер гӏумруялъул тӏехь гьалбадерица гьенир хъвалел цӏи-цӏиял гьурмаздалъун. Гьанже гӏадал шартӏалги рукӏинчӏо дун гьитӏинаб мехалда гьоболасе, хасго магӏарухъ. Цохӏо рокъор жанир рега-рахъунги рукӏунаан. Хасало печалъуб беролеб цӏадухъ бокьулаан гӏенеккизе гьалбадерица рицунел кополал харбазухъги, лъугьа-бахъиназухъги. Доб мехалда пикру гьабулароан, гьанжейин абуни, зама-заманалдасан чӏвала печалъуб бухӏулеб букӏараб цӏадулги ракулги гьуинаб махӏ. Унго-унголъунги гьелъул гваргвариялде ракӏгъолеб букӏараб куц. Бокьулаан гьалбал рачӏине, гьел къабул гьаризе. Гьезги цадахъ босун бачӏунаан гӏажаибго берцинаб гогьаралъ гвангъизабураб рокьи. Гьеб букӏана гучаб рокьи, гьоболасда кодоб гурони чӏаголъулареб. Гьединаб рокьул цӏеги нилъер щивасул рукъзалги, ракӏалги, гӏумруги…