Цӏияб соналда цересел къоязда «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялде вачӏун вукӏана, турист хӏисабалда Дагъистаналде щварав, Гуржиязул Тушетиялдаса Земо-Алвани росулъа Гьерекӏли Арабули. Дагъистаналде вачӏиналъул хӏакъалъулъ гьес бицана:
— 1957 соналда Типлисалда букӏараб Закавказьеялъул аэрогеодезикияб предприятиялъ (АГИ) Грозный шагьаралда чӏей букӏараб 82-абилеб номералда гъоркь хӏалтӏулеб экспедициялда цадахъ Типлисалъул топографиялъул техникумалъул ункъабилеб курсалда цӏалулел ниж альпинизмалъул ва геодезиялъул производствияб практикаялъ ритӏана Дагъистаналде. Гьеб букӏана май моцӏ. Альпинизмалъул практикаялъ ниж ритӏана Хунзахъе. Гьаниб нижер рещтӏен букӏана школалъул минаялъуб. Экспедициялъул гьениб букӏараб партиялда цадахъ хӏалтӏун хадуб, геодезиялъул практикаялде нижер цо къокъа битӏана Къахӏиб районалъул Гӏурада росулъе. Экспедициялъул полуторка машинаялда Хунзахъа Гӏураде унелъул кьурулъан бахъараб квешаб нухдасан ана Авар гӏурухъе. Гьелъул квегӏаб рахъчӏван эхеде унелъул нухда батана лъикӏго цӏунараб гуржиязул православияб килиса. Гӏурада рещтӏун букӏана украинав Вельяминица нухмалъи гьабулеб геодезистазул партия. Гьезул чӏей букӏана росу тӏарада бугеб школалъул физкультураялъул учителасул бакӏалда. Дида мухӏканго лъаларо гьесда цӏар, Гӏалибулатищ, Гӏалиасхӏабищ букӏарабали. Гьесул мухьдахъ ккун бачараб чугун, кӏиабилеб къоялъ вачӏана геодезистазул партиялъул начальник Вельямин. Нижер аслияб хӏалтӏи букӏана 1942 соналъ рахъарал рагъулал топографиялъул картаби мухӏкан ва цӏи гьари. Мухьдахъ ккурал чуязда рекӏунги, лъелгоги ниж сверана Къахӏиб, Чӏарада, Лъаратӏа районазул мугӏруздагун щобазда.
Нижехъ кагътал рукӏана районазул, росабазул партиялъулгун советиял идарабаз нижее хӏажатаб кумек гьабизе тӏадаблъун гьабурал. Гьел кагътал цӏехолев чи кколароан, кире щваниги гӏадамаз ниж лъикӏ къабул гьарулаан, кумек къваригӏун бугищин, хӏажатаб жо бугищилан гьикъулаан.
Ракӏалда буго, Гӏурада ниж рещтӏун вукӏарав учителасул васасе лъимер гьабиги, гьеб тепсиялде ниж ахӏун рукӏараблъиги. Гьанже гьеб лъимадул (васищ, ясищ букӏарабали кӏочон буго) 62 сон букӏине ккола.
Нижеца хӏажатал нигӏматал росулаан колхозазул складаздаса, цо-цо мехалъ бакӏалъулал гӏадамазухъа.
Гьанже Махӏачхъалаялде щведал таксиялда рекӏун тӏоцеве дун ана Хунзахъе. Махӏачхъалаялда дун дандчӏвана Хунзахъа гӏагараб ракьалъул тарихги лъикӏго лъалев Хъазанбиев Гӏалибег абурав чигун. Гьесулгун гьуинаб, халатаб накъитги букӏана нижер. Гӏалибегица витӏана дун нужехъе, редакциялдеги. Гӏалибег ватана магӏаруллъиялъул тарих лъикӏ лъалев чи. Дунгоги вуго тарих лъазабиялда тӏад чӏарав чи. Гьесдасан дие тарихалъул рахъалъ цӏеханщинаб жоялъе мухӏканал жавабалги щвана. Бицана магӏарулазул некӏсияб тарихалдаса Кавказалъул бахӏарчи имам Шамилиде щвезегӏан заманалъул тарихалъул. Баркала гьесие.
— Кинаб асарха дуе гьабураб гьелщинал сонал ун хадуб щвараб Хунзахъ росдаца?
— Огь-гьой. Дун гӏажаиблъизавуна гьеб хисун бугеб куцалъ. Цебесеб Хунзахъ росдал бакӏалда дида батана мугӏрузда бугеб берцинаб ва кӏудияб шагьар. Гьечӏо дол ракьуца тӏокъарал тӏохазул минаби, къваридал къватӏал. Гьанже заманалъул минаби, тӏохазда махх, шифер, къватӏазда хъил. Хунзахъе щвезегӏан нухда буго хъил, гьенибги гьенире щвезегӏан ругел росабиги рихьараб мехалда, бихьулеб буго Россиялда гьоркьоб дагъистаниязул, магӏарулазул гӏумру «эркенаб» Гуржистаналдаса лъикӏаб ва ресалда бугеб букӏин. Цере магӏарухъе рукӏана чӏедерал хӏурул цӏурал нухал. Хунзахъе щвезегӏан нухда тӏун буго хъил, нухал руго гӏатӏидал, ран руго кьоял. Дун хӏикмат гьавуна нухда батараб халатаб туннелалъги.
Ретӏа-къайги хисун буго магӏарулазул. Цониги чи дандчӏвачӏо некӏсияб умумузул букӏараб ретӏел ретӏарав. Лъаларо Гӏурада кин бугебали. Гьениб букӏана дида цӏакъ берцин бихьараб, хасго руччабазул форма: халатал, тӏад гӏарац букъарал гордал, ботӏрода бухьараб кӏаз, гӏундузда тӏаде рачарал гӏарцул «наушникал» гӏадинал жал.
— Гӏураде ине ракӏалда бугищ?
— Сапаралъул заман лъугӏулеб букӏун, цӏияб соналде дун рокъове унев вуго. Аллагьас чӏаго хутӏани, дунял хинлъарабго, Дагъистаналде вачӏинеги ракӏалда буго.
Бокьун буго Гӏураде ва Цӏумада районалъул Хушетиве щвезе, 1958 соналда Чачаналъан мугӏруздасан рачӏун Хушетибги рещтӏун чанго моцӏ бана нижеца гьениб геодезистазул экспедициялда.
— Дуца гӏезегӏан рацӏцӏадго рахъулел руго магӏарул мацӏалъул рагӏаби. Экспедициязда вугеб мехалъ лъарал рагӏабийищ гьел?
— Гьедин лъикӏ дида магӏарул мацӏ лъаларо, абухъего, чед-цӏамалъе гӏураб жо гурони. Гьебги лъана жеги лъимерлъиялдаго, доба Тушетиялда. Рагъул заманалда ва гьелдаса цебе Цӏунтӏаса, Цӏумадаса, Чӏарадаса, Лъаратӏаса гӏемерал магӏарулал рукӏана Гуржиялъ бетӏербахъиялъе рачӏун. Цебегосеб заманалда гьенир чӏаралги рукӏана. Гьел рукӏана нижер Земо-Алвани росулъги. Гьитӏинал чагӏи ниж, магӏарулазул лъималгун цадахъ, рукӏунаан. Дир гьудулзабиги гӏемерисел магӏарулал, дир кьерилал рукӏана. Гьездасан лъалаан магӏарул мацӏги. Гьанже кӏочон тун буго.
— Бихьулеб букӏахъе, мун гӏемер дандчӏван вуго магӏарулалгун. Гьезул рахъалъ дур кинаб пикру бугеб, кинал чагӏи ругел магӏарулал?
— Къокъго абуни, ракӏ рагьарал, хӏилла-макру гьечӏел, гьудуллъиялъе, гьобол-гьудуласе рахъун чӏарал, божарал, кумекалъе кидаго хӏадурал, жидерго ватӏан, ракь хириял, щулаго жидерго дин ккурал чагӏи руго. Магӏарулал руго цоцалъ гъункараб халкъги. Гьелъие мисаллъун бачина нижехъ кӏудияздасан рагӏараб цебесеб биценги. Тарихалдасан нилъеда лъалаха магӏарулаз Гуржиялъе чабхъенал гьарулел рукӏараблъи. Чабхъенал гуржиязги, нижер тушазги, гьарулел рукӏун руго гӏорхъода ругел магӏарулазул росабалъе. Гуржиялъе лекӏал (магӏарулал) кӏанцӏани, Гуржистаналда гьеб кватӏун лъалаанила, лъаниги жидерго мал-мулк цӏунун чӏолаанила. Гуржиял чабхъад магӏарухъе кӏанцӏани, магӏаруллъи цадахъго къватӏибе бахъунаанилан.
Хадусеб сапаралда Дагъистаналде вачӏунелъул дица цадахъ росизе руго дол соназда магӏарухъ дандчӏварал, лъалел рукӏарал гӏадамазул, лъугьа-бахъиназул, магӏарухъе дун щварал росабазул, гьезул гӏумру яшавалъул хӏакъалъулъ гьарун рукӏарал интересал хъвай-хъвагӏаял.