Хасавюрт районалъул гочинабун гӏи-боцӏи хьихьизе кьун рукӏарал ракьазда буго Лъаратӏа районалъул росабалъа рачӏарал гӏадамаз гӏуцӏараб Журмут росу. Гьеб росдал гӏадамазе гӏумру-магӏишат гьабизе ругел захӏмалъабазул, жамагӏаталда церечӏарал масъалабазул, тӏуразе кколел суалазул хӏакъалъулъ бицун, нижер мухбир Нури Нуриевас гара-чӏвари гьабуна рехсараб росдал бетӏерасул ишал тӏуралев ва гьеб росдал СПКялъул председатель Мухӏамад Мухӏамадовасулгун:

— Мухӏамад, росдае кьураб Журмут абураб берцинаб цӏар киса бачӏараб? Чан чияс гьениб гӏумру гьабулеб бугеб, щиб миллаталъул чагӏи гьел кколел?

— Цебе гьаниб букӏана 40-45 цӏараки, ай дагьа-макъал чагӏаз гӏумру гьабулеб лъаратӏисезул хъутан. 1990-1995 соназда гьанире гочун рачӏана Лъаратӏа районалъул Гъерел, Бетелда, Гъоркьнол, Горцӏноб ва Улгеб росабазул гӏадамал, гьез гӏуцӏана росу. Магӏарухъ тӏадехун рехсарал росабазда цебеса эхебе чвахулеб буго Журмут гӏор. Киналго разилъун, гӏагарал росабазулгун гьоркьоблъи-бухьен тӏечӏого букӏиналъеян, нижеца росдада лъуна Журмут абураб цӏар. Росулъ буго 280 цӏараки, гӏумру гьабун вуго 1300 чи.

— Колхозалъул бакӏалда гьаниб СПК гӏуцӏун бугоха…

— Цебе гьаниб букӏана районалда бищунго бечедазул мухъилъ рехсолеб букӏараб Ленинил цӏаралда бугеб колхоз. Гьелъул букӏана анлъазаргоялдаса цӏикӏкӏун гӏи-цӏцӏани, 170 бечӏчӏулеб гӏака, бекьулеб ракьул 480 гектар, харибакӏазул 700 гектар, 1800 гектаралда гӏалах, складал, МТФ, ОТФ ва гӏемераб техника. Гӏезарулаан могьолал культураби, хъарпуз, люцерна… Колхоз биххараб 2003 соналда, росдал щибаб цӏаракиялъе кьуна бекьулеб ракьул 1,5 ва харибакӏалъул 1,5 гектарал. Гьеб соналда колхозалъул бакӏалда гӏуцӏана СПК. Цебе колхозги, гьанже СПКги ккола тӏадехун рехсарал росабазул магӏишатал цолъун гӏуцӏараб.

— Росдал гӏадамазул аслияб магӏишат щиб кколеб, сундаса бетӏербахъи гьабун гьел ругел?

— Гьезул аслияб магӏишат ккола гӏи-боцӏи гӏезаби. Жалго бетӏергьанал чагӏазул буго бакӏалдаго хьихьулеб 800 чӏегӏерхӏайван ва 1200 гӏи-цӏцӏани. Гьединго гьез гӏезабула пихъ, овощал, руго бича-хисиялда ва ралел бакӏазда хӏалтӏулел чагӏиги.

— СПКялъул председательлъун хӏалтӏулаго, щиб гьабун бажарараб духъа?

— СПКялъул буго ракьул 2140 гектар, гьелдаса 408 гектар ккола бекьулеб ракь. Ижараялъул къотӏи-къаялги хъван, росдал 280 магӏишаталда гьоркьоб бикьун буго гӏалахги, бекьулеб ракьги. 40 гектаралда рекьула могьолал, 20 гектаралда гьабун буго бахча, 134 гектаралда хьан буго суданка, 32 гектаралда цӏоросаролъ, лъабго гектаралда охцер ва помидор, хутӏараб ракьалда – люцерна.

Хаслихъе Гъизляралъул базар овощаз цӏун букӏуна, гьединлъидал гьениб нижерго бачӏин бичизе ккола цӏакъ учузаб багьаялда. Бачӏин гӏезабиялдаса захӏмат буго гӏадамазе гьеб бичизе.

СПКялъул буго 980 гӏи-цӏцӏани, 194 чӏегӏерхӏайван, гьезда гьоркьоса 105 бечӏчӏулеб гӏака ва хадур гӏолел жал.

СПКялда хӏалтӏулев вуго хӏукуматалъе налог кьолев анкьго чи: кӏиго доярка, кӏиго вехь, кӏиго тракторист ва дун – председатель.

Ахираб кӏиго соналда жаниб дихъа бацӏцӏун бажарана магӏишаталда жанисан унеб каналалъул 15 километр ва 12 километралъул сангар. Гьединго кьолболъа рахъана хӏухьдул ва бацӏцӏад гьабуна ракьул 10 гектар. Гьелъул хӏасилалда бекьулеб ракьалда, харибакӏазда ва гӏалахазда гӏураб къагӏидаялда чӏезабуна лъалъалеб лъим.

Ракьул хважаин ккола ДРялъул Мулкалъул министерство. Гьелъ нижее изну кьоларо росулъ КФХ гӏуцӏизе. Гьединлъидал СПКялъ хӏисабалде росула жалго бетӏергьанал магӏишатал ва гьезухъа хӏукуматалъе бакӏарула ижарахӏакъ.

— Хӏукуматалъул кумек щолищ СПКялъе?

— СПКязе кумек гьабиялъул мурадалда хӏадурарал гӏемерал проектал-программаби руго Хӏукуматалъул: мелиорациялъе, гъутӏбуздасагун хъархъаздаса ракь бацӏцӏиналъе, пиринчӏалъул чекал хӏадуриялъе, ахихъанлъиялъе, гӏухьбузул рукӏа-рахъин лъикӏлъизабиялъе, артезианалъул лъим бахъиялъе абун. Амма хӏукуматалдаги СПКяздаги гьоркьор руго Росдал магӏишаталъул управлениял (УСХ). Гьез жидеего босула рехсарал проектазе биччараб гӏарцудаса 50 процент.

Районалъул росдал магӏишаталъул управлениялъул аслияб хӏалтӏи ккола ижараялъе кьураб ракьалъухъ, каналал рацӏцӏиналъухъ, лъалъалеб лъехъ гӏарац бакӏари, гьезухъа СПКязе щолеб кумек щибго букӏунаро.

— Токалъул, газалъул, нухазул рахъалъ гӏадамазул кинал гӏарзал ругел?

— Бабаюрталъул токалъул сетазул хӏалтӏухъабазул аслияб иш ккола нижехъа гӏарац бакӏари. Гӏадамазул гӏемерал гӏарзал руго, бухӏараб токалъухъ гӏарац кьуниги, 20-30-50 азарго гъурщиде гӏунтӏун гьез тӏад гӏакӏаби къотӏулел ругилан.

2019 соналда бачана 50 цӏаракиялде газ, хутӏаразул минаби газалдалъун хьезариялъе хӏалтӏи гьабулеб буго.

Росдал жанисел нухал гьаруна ва къачӏана жамагӏаталъ, къватӏисан нухал гьариялъул иш Бабаюрталъул ДЭПалъ хадуб бехъерхъун тун буго.

Росдада аскӏоб буго щуго артезианалъул буругъ, гьениса бачӏуна гьекъезе ва лъалъазе жамагӏаталъе гӏураб лъим.

— Росдал гӏолохъабазул щиб хӏалтӏи бугеб? Гьекъел-мехтелалъул хӏасилалда гӏадлу хвезабиялъул хӏужаби рукӏунищ?

— Контрактникал хӏисабалда, нижер росулъа гӏемерал гӏолохъаби рагъулаб хъулухъалда руго. Росулъ ругезул руго жалго бетӏергьанал магӏишатал, гьез гьарула СПКялъул сезоналъулал хӏалтӏаби.

Гьекъел-мехтелалъул, наркотиказул, цӏогьалъул гӏарзни киб гурин, хъалиян цӏалев чи росулъ гьечӏилан абизе бегьула. Гьеб ккола исламалъул баракат.

— Росулъ хӏалтӏаби гьарулаго, дуце лъиде мугъчӏвай гьабулеб?

— Гьаб зонаялда ругел Лъаратӏа районалъул росабазул хехаб кумекилан абула Гӏумаров Муртузида. Республикаялъул ва районалъул идарабазухъе ун, жамагӏатазул бокьараб къваригӏел тӏубазабула хӏалчӏахъадица. Къваригӏараб бакӏалда цере рахъунел росдал жамагӏатчагӏи ккола Имамов Тӏагьир, Гӏумаров Къурбанмухӏамад, Гӏалиев Асхӏабгӏумар, Гӏалиев Юсуп ва Мухӏамадов Мухӏамад.

— Хъутабазда лъугьарал росабазул жамагӏатазул лъугӏиго гьечӏеб гӏарз буго росабазул статус гьечӏолъиялдалъун жидее гӏемерал квалквалал рукӏунин абун…

— Гьелъул бищунго кӏудияб квалквал буго дие. Жамагӏаталъул гӏи-боцӏул къадар тартибалде бачине кӏолеб хӏал гьечӏо. Масала, низамалда рекъон, цо гӏака кваназе къваригӏуна гӏалахалъул цо га, жакъа росдал 800 гӏакаги гьезул бачалги (гьанир киданиги гьеб къадаралда гӏачи рукӏинчӏо) кваналел руго 460 гектаралда.

Гочинабулеб гӏи-боцӏухъанлъиялъул ракьалин абун, цӏакъ мукъсанаб гурони кумек щоларо районалъул ва республикаялъул хӏакимзабазухъа, хасго токалъул, нухазул, лъел масъалаби тӏуразаризе тӏадал хъулухъчагӏазухъа. Къокъго абуни, нижер зона хӏукуматалъ рехун тун буго.

— Росу къачӏазеян абун хӏукуматалъ биччалеб гӏарац букӏунагури…

— Зонаялъул росаби къачӏазе биччараб гӏарац гьанибе щоларо, гьеб уна Лъаратӏа районалда ругел нижер росабазул администрациязде. Дол росабазул бутӏрузухъа нижее щибха щвелеб? Нижее щолеб жо букӏуна рищиязда цебе депутатлъиялде вихьизавурав бечедав кандидатас кьурал гъурщал. Масала, арал рищиязда цо кандидатас нижер росдал школалъе кьуна 300 азарго гъурущ.

Нижер росабазе статус щвеялъе Лъаратӏа районалъул администрациялъ килщида килищ кӏутӏулеб гьечӏо. Рищиязда гьаркьал кьезе гурони, лъозие ниж къваригӏунаро.

Гочинабулеб гӏи-боцӏухъанлъиялъул ракьалда ругел росабазул статус чӏезабуни, нижер гӏадамазул гӏумру-магӏишат лъикӏлъизе буго киналго рахъаз. Жакъа ниж ккола нелегалазул статусалда ругел чагӏи. Масала, гьанив гьавурав ва 50 соналъ гьаниб гӏумру гьабун вугев дир рукъалъул я «зеленка» гьечӏо, я рукъалъул книжка гуро, гьединлъидал, законалда рекъон, бокьараб мехалъ дун рокъоса къватӏиве ва росулъа нахъе гъезе бегьула.

PS. Гьебго хӏалалда буго гочинарун гӏи-боцӏи хьихьизе кьурал ракьазда гӏун бачӏунеб нусгогӏан росулъги ахӏвал-хӏал. Ракӏалде ккола гьеб ахӏвал-хӏал рукӏалиде бачӏинабиялъе республикаялъул нухмалъиялъ тадбирал ургъилин.