Калининаулалдаса Махӏач жиндирго цо хъулухъалъ райцентралде Дилималде уна.
Гьенив цоязулгун къец ккун, хабар кьогӏлъун, кьабгӏезе ккола. Жив бергьунареблъи бичӏчӏарав Махӏач, цо лъикӏаб хӏалалъ гьезул цоясда зарги щвезабун, гьениса лъутун унев вукӏуна.
Гьев хъахӏаб горде ретӏарав кквеянги ахӏдолаго, гӏолохъаби гьесда хадур лъугьуна.
Махӏач виххичӏого жиндаго цере ругел гӏадамазде ахӏдола, цебехун килищги битӏун, доле доб хъахӏаб горде ретӏарав кквеян. Живгоги гъол хадур лъугьунел гӏолохъабигун цадахъ вугин ккезе.
Гьедин, щив кквезе кколевали лъачӏого рихха-хочарал гӏадамал рекӏеда ратилалде, Махӏач цебе батараб КПССалъул райкомалъул минаялде жаниве кӏанцӏула.
Щиб ккарабан гьениб цӏех-рех гьабидал, «Валлагь кканаха цо кӏалъай гӏолохъабазулгун, гьез бицараб квешабщинаб жоги хӏехьана, хадуб эбелалде абурабги хӏехьана, амма партиялде чорокаб рагӏи абидал, гьеб хӏехьезе кӏвечӏо ва гьел гӏолохъабигун кьабгӏезе ккана гӏагараб партиялъе гӏоло»,- ян жаваб кьола Махӏачица.
Гьес бицаралда божун, партиялъул хӏалтӏухъабаз Махӏач хадур рачӏунезул ццидадаса цӏунула.
Гьедин цо-цо пайдаги камулароан партиялъул.