Эбелав авторлъиялде кандидат

Нарзан ваннаби гьарун,

Нарзанияб лъим гьекъон,

Къаркъаладуй кеп ккана

Кутакалда рекъолеб.

Рада-радал, мачӏикьго

«Кьили» магӏарде рахун,

Хехаб рилълъин гьабидал,

Мащаби щулалъана.

Шахил кверазул махщел,

Массажалъул рекъонккей –

Къоялъ векераниги,

Куй биххуларо чорхол.

Чи вихьани, вохула,

Хинаб гьоркьоблъи ккола,

Гьава-бакъалъул бицун,

Къоял нухда тӏамула.

Тӏубан рахӏаталъул кеп –

Кисловодскалъул тӏалъи,

Тӏаде нухалъ рачӏине

Чӏванкъотӏун хӏукму ккана.