Хъвана 2019 соналъул ноябралда,

Елизавета Семенюк гьаюралдаса 105 сон тӏубаялде

Махӏачхъала. Редукторазул авал. Дун Ак-гёль хӏорил рагӏалда «Гӏурус мугӏалималъе» эхетараб памятникалда цеве. Букӏун батиларо Дагъистаналда гӏурус мугӏалималъ лъалкӏ течӏеб бакӏ. Лъикӏал рагӏабаз ракӏалде щвезарула ва жакъаги баркала кьола гьезие чӏахӏиял гӏелазул гӏадамаз.

Нилъер рахьдал мацӏ тӏагӏиналъе хӏинкъи бугеб гьаб заманалда дида ракӏалде ячӏана, бащдаб гӏасруялде гӏагарал соназ лъалей йикӏарай Патӏимат. Школалда цӏалулев мехалдаго йихьана ва лъана дида гьей хӏалимай, гӏакъилай, лебалай, бажари гӏурай ва хӏаракатай магӏарулай. Дир гӏолиллъиялъул рикӏкӏадал саназда комсомолалъул райкомалъул кӏиабилей секретарьлъун, хадуй тӏоцеесейлъунги ячӏарай гьелдасанги щвана нижее гӏуцӏарухъанлъиялъул дарсал.

Хадуб къисматалъ лъикӏал бухьенал ккезаруна гьелъул тӏолабго хъизан-гӏагарлъиялъулгунги. Ракӏбацӏцӏадай, нухмалъиялъул хӏалбихьи щварай, гӏуцӏарухъанлъиялъул махщел камилай, иш лъалей ва гӏаданлъи бугей Патӏиматида дандбазеги, цӏехезеги, бицинеги жо кидаго камулароан.

Ахиралда гьей хӏалтӏана районалъул администрациялда. Гьеб идараялдаги Патӏимат йикӏана хӏалтӏул аслияб бакӏлъи баччарай хъулухъчӏужулъун. Кидаго, щиб хъулухъалда йигониги, гӏемераб пайдаяб хӏалтӏи гьабуна гьелъ район социалиябгун экономикияб рахъалъ цебетӏеялъе.

Херлъиялъул заман тӏаде щвелалде гьей, ракӏалдаго гьечӏого, гӏумруялдаса ана. Нижедаго гьоркьоб ккараб цо гара-чӏвариялда дица гьелъие рагӏи кьун букӏана, кида бугониги, гьаб асар хъвазе. Хутӏичӏо гьей, мунагьал чураяй, къиса цӏализе…

Патӏимат Пайзудинова ракӏалде щвеялъе.

Сайгъат гьабула киналго магӏарулазе.

— I —

Гьоркьохъеб хехлъиялда мугӏруздехун балагьун унеб чуязда рекӏаразул къокъа гӏагарлъулеб букӏана габурлъиялде. Ункъо бихьинчиги цо гӏолилайги рукӏана гьезул. Гьей ясги гьелъул кӏиго гьалмагъги рукӏана гӏурусал, жеги мугӏрузде щвечӏел, щибго магӏаруллъиялъул хӏакъалъулъ лъаларел гӏисинал гӏолилал. Рогьалил бакъул чӏоразда гъоркь нахъа тана гьез Гъоркьиябги Тӏасиябги Хъарани росаби. Гьанже рахунел рукӏана Гендерил магӏарде.

Риидалил ахиралда гьезда бихьулеб сверухълъи тӏубан бахчун букӏана гӏурччинлъиялда гъоркь. Рикӏкӏа-рикӏкӏаде щвезегӏанги берцинго рихьулел рукӏана гохӏалги, щобалги, рохьалги. Тӏад букӏана роцӏараб хъахӏилаб зоб. Гӏицӏго рикӏкӏада, лъарагӏлъиялдехун рихьулел рукӏана къанагӏатал хъахӏнакӏкӏул парчаби. Бацӏцӏадаб гьаваялъги, гьайбатаб сверухълъиялъги, гьенисан гӏемер хьвадун ругьунал чуязги квербакъулеб букӏана сапар бигьа гьабизе.

Циндаго гьезда цебе рагьун бачӏана батӏияб тӏабигӏат. Гьединаб борхалъуде цониги рахарал рукӏинчӏо гьел гӏолилал. Мугӏрузда жанисеб Дагъистан тӏоцебе бихьулел гьезул, гьаркьал рорчӏана. Беразе ругьунлъун ккун рукӏарал, гӏурччинал гохӏалгун щобалги цереса росун ун, жидедаго лъачӏого, гьел щун ратана бицун бажарулареб борхалъиялде. Тохлъукьего тӏаде бачӏараб, хӏикмалъиялъулги хӏинкъиялъулги цоцалъ бессараб асаралда гъоркь, ургъичӏого ва дандбачӏого, рещтӏун ратана гьел чуяздаса. «Ургьиса рухӏ агъабалъе анин» абулеб гӏадаб асаралда гъоркь рукӏана гьел.

Сверухъе ралагьизе гӏурусалги тун, кӏиявго магӏарулас чуял сухъмахъалдаса гӏурччинхарде кваназе рачана. Гӏодорги чӏун, лъикӏаланго мехалъ ралагьана гьалбал гӏажаибаб тӏабигӏаталъухъ. Гьезул рагӏаби гӏолел рукӏинчӏо беразда бихьулеб цоцазе бицине ва рекӏеда бугеб хӏал загьир гьабизе. Гьадинаб бакӏ дунялалъул рокъоб букӏунин бицани, цебечӏезабизе гьезухъа бажарилароан. Беразда бихьулелда божизеги захӏмат букӏана гьезие.

Гъоба тӏинда, балагьун бер щолареб гъварилъуда, кьурабазда багъулаго, гӏедегӏун ралъдахъе бекерулеб букӏана гьалагаб Сулахъ гӏор. Цоцада нахъасан раккарал рорхатал кьурабазги гъваридал жанирлъабазги, бицине хӏалкӏолареб сипат кьолеб букӏана тӏабигӏаталъе. Хъатиниб лъураб гӏадин бихьулеб букӏана гьенисан Дагъистан. Каспий ралъдал рагӏалдаса Гуржиялъул гӏорхъоде щвезегӏан, тӏолабго мугӏрул улка букӏана бакъул чӏораз гвангъизабун. Тӏад калам гьечӏого бихьулеб букӏана, щай гьаб гӏажаибаб улка-ракьалда цӏар Дагъистан абун бугебали.

(Хадусеб букӏине буго)