Республикаялъулаб «Лотос» басмаханаялъ къватӏибе биччана лъималазе цӏалул тӏехь — «Букварь» гӏахьвалазул мацӏалда, гьеб мацӏ гьоркьобе ккола гӏандадерилгун дидоязул группаялде.
Гьеб тӏехьалъул цебелъей тӏобитӏана, Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб Миллияб библиотекаялда, гьениб «Тарки-тау – 2019» VIII тӏахьазул ярмарка тӏобитӏулеб заманалда.
«Гӏахьвалазул азбука» ккола гӏахьвалазе гьезул рахьдал мацӏалда къватӏибе биччараб тӏоцебесеб цӏалул тӏехь. Гьелъ лъималазе кумек гьабизе буго хъвазе-цӏализе лъазабизе, печаталъулал ва квералъ хъварал хӏарпал ва гьезул гьаркьилаб магӏна бичӏчӏизе, рекӏун хъварал слогал цӏализе, цӏалулеб ва хӏажатал текстал битӏун ричӏчӏизе, гӏадатиял рагӏаби ва предложениял хъвазе. Узухъда, жиндирго рахьдал мацӏ бокьулел ва гьелъул къимат гьабулел чӏахӏиязеги цӏияб тӏехьалъул кӏудияб кӏвар ва интерес букӏина.
Цӏалул тӏехьалъе рецензиял хъван руго, гӏахьвалазул мацӏ жидер рахьдал мацӏлъун кколел: ДГПУялъул кафедраялъул доцент, филологиял гӏелмабазул кандидат Индира Гӏабдулаевалъ, Гӏахьвахъ районалъул администрациялъул лъай кьеялъул отделалъул начальник, филологиял гӏелмабазул кандидант Зайгьат Шамхаловалъ; Гочинабун гӏи-боцӏи хьихьулеб зонаялда (ЗОЖ) бугеб Къамишхъутаналъул гимназиялъул завуч, ДРялъул мустахӏикъав учитель, Россиялъул халкъияб лъай кьеялъул отличник Микагӏил Шамхаловас.
«Гӏахьвалазул азбука» хъван буго жиндирго гьитӏинаб Ватӏанги, гьелъул халкъги бокьулев, гьелъул гӏадаталги тарихги лъикӏ лъалев, журналист «Ашвадо» ва «Эркенаб трибуна» газетазул редактор, Гӏахьвахъ районалъул Тӏадмагъилъ росулъа М. Хӏажиевас.
«Гӏахьвалазул азбука» къватӏибе бачӏана дагьаб къадаралда, гьелъул буго 300 тираж. Гӏахьвалазул рес бугел гӏадамаз гӏумру гьабулеб буго Дагъистаналда, Москваялда, республикаялъул гӏорхъаби рахун къватӏибги. Хьул буго, гьезул кумекалдалъун гьеб тӏехьалъул тираж азаргоялде бахинабилилан.
«Гӏахьвалазул азбука — букваралъул» хӏакъалъулъ хъвараб гьаб гьитӏинабго макъала лъугӏизабизе бокьун буго, дунялалдаго машгьурав рагӏул устар, гъиргъизазул хъвадарухъан Чингиз Айтматовасул рагӏабаздалъун: «Халкъалъул мацӏ – гьеб ккола тӏадегӏанаб низамалъул, хӏикматаб, тӏасан ккараб лъугьа-бахъин: щибаб мацӏ буго тӏалаб инсанияталъул гӏакълуялъул гьунаралъул бергьенлъи. Нилъер ихтияр гьечӏо, кинаб халкъалъе гьеб кколеб батаниги, цебетӏеялъул рахъалъ кинаб даражаялда гьеб бугониги, цониги мацӏалдехун пахруяб, рокьукъаб бербалагьи гьабизе».