Парахатго рокъой тун хьихьараб рахӏат магӏарул чӏужугӏада-налда кидаго бихьун батиларо.
Кигӏан захӏматаб заманалъги гьей йикӏана хъизанги данде бачун магӏишат гӏуцӏулейлъун. Исламалда рекъон руччаби рокъоса къватӏирего рахъине бегьуларин абун къойилго гьарулел вагӏзабиги киназдаго гуро ритӏун ричӏчӏулел ругел. Заманалъул цебетӏеялда рекъон, рукъалъул хӏалтӏи бигьалъун, парахат рокъор кӏусун, Турциялъул сериалазухъги балагьун руго гӏемер руччаби. Ясли-ахалъ яги школалъ тарбия кьеян абун лъималги тун тӏуяладай магӏарул чӏужугӏадан? Эбел-инсул рукӏа-рахъиналъухъ балагьун гурищ лъималазулъги хасият куцалеб?!
Нилъер гӏумруялда гӏезегӏанго дандчӏвала дунялги динги цадахъ рекъон бачунел, жамагӏаталда гьоркьоб къадру цӏунарал руччаби. Жидерго лъималазе гуребги, гьединаз лъикӏаб тарбия кьола ва мисал бихьизабула сверухъ ругезеги. Гьединазул цояй йиго Унсоколо районалъул Генуса гӏурус ва магӏарул мацӏазул тӏоцебесеб категориялъун мугӏалим, «Муслимат» жамгӏияб гӏуцӏиялъул филиалалъул нухмалъулей Меседо Абакарова.
Бащдаб гӏасруялъ школалда гӏурус мацӏалъул дарсал кьуна Меседоца. Букӏана заман кӏиго сменаялдаги хӏалтӏун, магӏарул мацӏалъулги дарсал нухда рачунеб. Школалда хӏалтӏунин абун как-диналъе заралали киса гурин, коммунистазул заманалдагицин мажгит рахачӏин жидер росулъин бицуна Меседоца. Балъго устарасухъе вирд босизеги хьвадун, шайих Сагӏид-афандиясул муридлъун йикӏаго тӏарикъаталъулги киналго муракъабиги лъугӏизарун руго гьелъ. Гьанже, аскӏовегӏан вугелъул, Гӏабдулжалил-афандиясухъе хьвадула гьей. Къуръанги динги Генуб кидаго букӏана ва гьеб киданиги нахъехун лъун течӏо, гьелъие нугӏлъи гьабула 400 сон бараб мажгиталъги бечедаб исламияб тарихалъги.
Меседоца ургъел гьабула жа-къасеб къоялъул политикаялъулги сверухъ лъугьа-бахъунелъулги. — Чӏужугӏаданалъул бакӏ гӏицӏго богорукъ кколин абураб пикруги ботӏролъ ккун жакъа къоялда улбул чӏей битӏараблъун бихьуларо дида. Эбелалдаса ракӏбухӏун ва мухӏканго жиндир лъимада лъикӏаб-квешалъул лъицаго бицунаро, — ян абула гьелъ.
Хӏетӏалъ кини кӏикӏун квералъ Къуръан ккун
— Тӏоцее хӏежалде араб мехалда цо гӏалимчияс абурал рагӏаби кидаго кӏочонаро дида, гьелда рекъон хьвадизеги хӏаракат ба-хъула: «Дуда рихарав, чи щиван, гьикъидал, Аллагьас абун буго бищунго рихарав чи, дунял тун, кидаго ахират гьабулев ва, ахират кӏочон тун, дунял гьабулев чи вугилан. Жиндие вокьулев чи кколин, жакъа холев гӏадин ахиратги гьабулев, кидаго хвеларев гӏадин дунялги гьабулев чи», — ян абуна гьес. Нижер умумулги дида ратана захӏматалдаса хӏинкъуларел ва диналда чӏей бугел, — ан бицуна Меседоца.
Шамил ва Гъазимухӏамад имамзабазул кьолбол наслулъун кколеб Абакаровазул хъизамалда кӏудияб кӏвар кьолаан динияб лъай кьеялде, гьелда цадахъго светияб лъай ясазе кьеялдеги инкар кколароан. Меседол эбел Жавгьаратица лъимал гӏадада гӏодор чӏун толароан, жидеего бетӏербахъиялъе магӏишат гьабизе ругьун гьарулаан. Шамил имамасул бахӏарчияй лъадул цӏар лъурай магӏарулай Жавгьаратица жиндирго 12 лъимер хьихьана, хӏатӏица киниги кӏикӏун, цояб квералъ щар чӏвалаго, цогидаб кверзукь Къуръанги ккун гьеб цӏалулаго.
Меседол эмен Абакаров Гӏабдурахӏманица данде бакӏарараб Шамилил заманалъул тарихалъулгун ракь лъазабиялъул бицунеб музей буго жакъа къоялдаги школалда жаниб хӏалтӏулеб.
Цӏалун мугӏалимлъиялъул махщел босизе бугеб гъираялда эбел-инсуца гӏемер дандечӏей гьабичӏин бицуна Меседоца, амма цоги рахъалдаса квекӏеналги камун гьечӏо гьелъие:
— Дун гьарарав чиясул гӏагарлъиялъе гьеб пикру цӏакъ бокьун букӏинчӏо. Амма росгун ятӏалъун хадуй вас хьихьизеги, рукъалъе яшав гьабизеги дидего бегидал, цӏалун щвараб махщел нахърателлъун батана. Школалда дарсал кьолаго цадахъ бачунаан мадрасаялъул ва «Муслимата-лъул» жамгӏияб хӏалтӏиги. Гьединго цадахъго букӏинарищха рукъалъул магӏишатги. Эркенаб заман хутӏулеб гьечӏониги, гъираялда гьабулаан кинабго цадахъ. Нижер росулъ ахираб заманалда тӏадегӏанаб лъай щварал ясал цӏикӏкӏун руго васаздаса. Къаркъалаги рухӏги гӏадин, цадахъ бачине ккола чӏужугӏаданалъ динияб ва магӏишаталъул рахъ.
Школагун мадраса рекъон хӏалтӏула
Ракӏ аваданай, ботӏролъ бижараб пикру гӏумруялде бахъинабизе гӏедерай гӏадан йиго Меседо. Гӏолохъанаб заманалдасаго кучӏдул хъвазе, мавлид ахӏизе гьунар буго гьелъул. Школалда цӏалулеб заманаялдасаго гъираялда жамгӏияб хӏалтӏулъги гӏахьаллъулей йиго гьей.
«Багӏараб байрахъ» газеталдаса цӏалун лъан буго Меседода Махӏачхъалаялда руччабазул динияб «Муслимат» жамгӏияб гӏуцӏи рагьун букӏин. Бугеб бакӏги цӏехон, щун йиго гьение ва гьелдаса нахъе диналъул яцазулгун бухьен къотӏизе тун гьечӏо. Къоло лъабгогӏан соналъ «Муслиматалъул» филиалалда жигаралда хӏалтӏулей йиго гьей. Гьабсагӏат гьенир жанир руго 160-гӏанасев чи цӏалулеб мадрасаги щибаб рузман сордоялъ руччабаз салават битӏулеб рукъги. Мадраса гӏуцӏизе ва салаватал тӏоритӏизе руччабазул жамагӏаталъе цо мина босун кьун буго ГЭСалъул директорлъун вукӏарав росуцояв Мансуров Гӏабдулаца. 2012 соналда Генуб букӏараб КТОялъул низамалъ чӏунтизабун букӏана гьеб мина. Гъоркьиса цӏидасан гӏатӏидги гьабун къачӏана ва, жакъа жамагӏаталъе пайдаялъе хӏалтӏулебги буго гьеб.
— Школалъулгун мадрасаялъул хӏалтӏи, щибго цоцае квалквал гьабичӏого, цадахъ рекъон бачуна нижер росулъ. Амма щибаб байрам тӏобитӏулелъул, гьениса ОМОНалъул хӏалтӏухъабиги камуларо. Динияб рахъалъги кӏийиде бикьараб росу букӏиналъ, нижер жамгӏияб гӏуцӏиялда тӏаса кӏалъалелги камуларо, амма гьез бицунеб жо рагӏичӏеб ххвелги гьабун тола нижеца, — ян рагьана Меседо Абакаровалъ жидерго росулъ лъайкьеялъул низамалда хурхун бугеб ахӏвал-хӏал.