Гъоркьиса Болъихъ районалъул Мигӏарсо росу бакьулъ бан лъугӏун хӏалтӏизе биччана 60 чиясе бакӏ бугеб мадраса. Рега-рахъине, цӏализе, кваназе киналго санагӏалъабиги чӏезарун руго жанир. Росдал лъималазе гьенир исламалъул дарсал кьолел руго Хасавюрт шагьаралъул исламияб университет ва гьелъулго аспирантураялда цӏалун лъикӏаб лъай щварал мугӏалимзабаз.
Гьезул хӏалтӏудаса кутакалда разиго руго лъималазул эбел-эмен.
Хӏакъикъаталдаги, мадраса хӏалтӏизе байбихьаралдаса нахъе, росдал лъималазул гӏадлуги щулалъана.
Амма камун гьечӏо нилъер светияб хӏукуматалда жаниб къабул гьабулареб цо рахъги. Мисалалъе, школалъул завуч Абакар Шариповас абуна лъималазе тарбия кьей лъикӏлъиялъе чара гьечӏеблъун кколин мех-мехалъниги гьезул ракӏал роххизари. Гьеб рахъ загӏипго бугин бицана Абакарица. Гьеб мурадалда, санайилго гӏадин, исанаги школалъул майданалда лъун букӏун буго Цӏияб соналъе ёлка, хӏадурун рукӏун руго гьитӏичазе сайгъатал. Амма цересел соназ гӏадин, эбел-эменги рачӏинин школалъул елка бугеб майданалдеян хьулалда рукӏун руго учительзабазул коллективги. Иш ккун буго думалъго бегьулареб хӏалалде, гьениве гӏаданго вачӏун гьечӏо. Щай ва щиб ккун рачӏинчӏелан гьикъидал, лъималаз бицун буго гьенире ин хӏарамаб бугин, унгейилан лъазабунила жидеда мадрасаялда ва мажгиталда.
Гьаниб гьикъичӏого гӏоларо, лъица ихтияр кьураб мажгита-лъегун мадрасаялъе нухмалъи жидеца гьабулезе, лъагӏалида жаниб цо нухалъ бачӏунеб рохалилаб чӏаголъи лъималазе гьукъизе? Кинаб тӏехьалда хъван бугеб школалъ гьитӏичазе гьел рохизаризе кьолел сайгъатал хӏарамал ругин, гьел росугеян? Мигӏарсдерил росдал ва школалъул нухмалъулезда тӏадаб букӏинаан, гьединал ишал такрарлъизе течӏого, хадуб халкквезе.
Суал бачӏунеб буго ругодай гьединал хӏужаби цоги-цоги районазда, росабалъ? Хӏурматиял магӏарулал, бокьилаан лъазе гьеб рахъалъ нужерги пикру.