Лъебергоялдаса цӏикӏкӏун соналъ халатбахъараб Кавказалъул рагъ лъугӏун хадуб, 1860 соналъул 5 апрелалда, Россиялъул пачаясул Кавказалда вукӏарав сардарас тасдикъ гьабуна Дагъистан областалда ва Закатала округалда нухмалъи гьабиялъул положение, низам.
Областлъунги лъазабун букӏана гьеб тарихалда тӏоцебе Дагъистаналъул ракь цолъизабураб гӏуцӏи. Областалъул гӏатӏилъи бащалъулаан 29,8 азарго квадратияб километралда. Дагъистаналъул ракьалда рукӏарал ханлъабиги цогидал политикиял гӏуцӏабиги хвезарун, Дагъистаналъул бетӏерлъун тана генерал-губернатор. Областалъул центрлъун гьабуна Темир-Хан-Шура шагьар. Байбихьуда Дагъистаналъул область бикьана ункъо рагъул отделалде — севералъулаб, югалъулаб, гьоркьохъеб ва тӏасияб. Хадуб область бикьана ичӏго округалде: Авар округалъул центрлъун гьабуна Хунзахъ, Гӏанди округалъул – Болъихъ, Гъуниб округалъул – Гъуниб хъала, Дарги округалъул – Лаваша, Гъазигъумеки округалъул – Гъазигъумеки, Хайдакъ-Табасаран округалъул – Маджалис, Кюра округалъул – Къасумкент, Самур округалъул – Ахти, Темир-Хан-Шура округалъул – Темир-Хан-Шура. Округазда жанир гӏуцӏана 42 наиблъи, наиблъиялъул щибаб росулъ тана бегавул.
Россиялда революция.
Дагъистаналъе автономия кьей
Россиялда Февралалъул ва Кӏудияб Октябралъулаб социалистияб революция ккезегӏан тӏадехун рехсараб политикияб ва территориалияб гӏуцӏи хисичӏого хутӏун букӏана Дагъистаналда. 1917-1920 соназда пачаяс тарав Дагъистаналъул ахирисев генерал-губернатор Вольскийги нахъе къотӏун, хадуб хӏапу-чапураб, чӏара-хьвараб хӏал гьечӏеб ахӏвал-хӏал лъугьун букӏана. Дагъистаналъул тӏалъи къваригӏун революциялъул рахъккуразул ва гьелда дандечӏаразул хӏалуцараб къеркьей унеб букӏана. Цин Дагъистаналъул бетӏерлъун ккана генерал Халилов, хадув Н. Тарковский. Нус-нус чи къурбанлъарав граждан рагъалдаса хадуб тӏалъиялде рачӏана большевикал ва гьез гӏуцӏана Дагъистаналъул революциялъулаб комитет.
1920 соналъул 11 ноябралда Дагъистаналъул ревкомалъ гьабураб хӏукмуялдалъун 1920 соналъул 13 ноябралда Темир-Хан-Шура шагьаралъул театралъул минаялъуб (гьанже гьеб минаялъуб буго республикаялъул Тахо-Годил цӏаралда бугеб музеялъул филиал) рагьана Дагъистаналъул халкъазул тӏоцебесеб чрезвычайнияб съезд. Централъул вакил хӏисабалда, съездалде рачӏун рукӏана Бакуялдасан Москваялде тӏадвуссун унев РСФСРалъул Сов-
наркомалъул миллиял ишазул рахъалъ комиссар И. В. Сталин ва Г. К. Орджоникидзе. Съездалде рачӏун рукӏана ичӏабго округалдаса 300 делегатги. Съезд байбихьана маркӏачӏуда, микьгоялде бащдаб хӏалтӏараб заманалда. Боголил как базе перерывги гьабун, гьеб халатбахъана анцӏила кӏигоялде бащдаб хӏалтӏизегӏан. Съездалъул председательлъун вищун вукӏана Жалалудин Къоркъмасов, секретарьлъун – Петр Ковалев. Съездалда делегатаз кӏалъаял гьаруна гӏурус ва миллиял мацӏазда. Магӏарулазе таржама гьабулеб букӏана Мухӏамад-Мирза Хизроевас, лъарагӏазе — Ж. Къоркъмасовас. Азербайжан мацӏалъул таржама гьабулеб букӏана Керим Мамедбековас ва Хан-Мухӏамадовас. Лезги мацӏалда таржама гьабулеб букӏинчӏо, щайгурелъул гьезда азербайжан мацӏ, югалъул Дагъистаналда ругел цогидал халкъаздаго гӏадин, лъалеб букӏун. Гьеб мацӏ букӏана югалъул Дагъистаналда ругел халкъазда гьоркьосеб мацӏлъун. Тумазеги таржама гьабулеб букӏинчӏо. Гьезул делегатазда цоязда азербайжан, цогидазда лъарагӏ мацӏ лъалеб букӏун.
Съездалда, Дагъистаналъе Россиялда гьоркьоб автономия кьейги лъазабун, кӏудияб кӏалъай гьабуна И. Сталиница.
Съездалъул хӏинкъи гьечӏолъи ва парахалъи цӏуни тӏадкъан букӏана, съездалъул президиумалде жив вищун вукӏарав Гӏахьвахъа Шамхал Салихӏовасул партизаназда. Шагьаралда гӏадлу-низам чӏезабиялда рукӏана цогидал округаздаса багӏарал партизаналги.
1921 соналъул 20 январалда гӏуцӏана Дагъистаналъул автономияб советияб социалистияб республика.
1921 соналъул 1-7 декабралда тӏобитӏана Дагъистаналъул советазул тӏоцебесеб учредительнияб съезд. Гьениб къабул гьабуна ДАССРалъул конституция.
1922 соналъул 16 ноябралда ДАССРалде цолъизабуна Терский губерниялда гьоркьоб букӏараб Гъизляр округ ва Ачикулак район.
1924 соналъул 13 февралалда ДАССРалда гьоркьобе бачӏана Гъизляр уездалъул ракьги.
1928 соналъул 22 ноябралда округазул бакӏазда гӏуцӏана 26 кантон: Ахти, Ачикулак, Бабаюрт, Болъихъ, Гъуниб, Дербент, Хайдакъ, Буйнакск, Хъараногъай, Къасумкент, Къахӏиб, Гъизляр, Къоркъмасхъала, Курах, Лак, Лаваша, Махӏачхъала, Рутул, Табасаран, Лъаратӏа, Урари (Дахадаев), Хасавюрт, Хунзахъ, Цӏумада, Чӏарада, Шелковской ва кӏиго подкантон — Гумбет ва Казбек.
1929 соналъул лъабабилеб июналда кантонал сверизаруна районазде, подкантонал – подрайоназде.
1930 соналда гӏуцӏана Цӏунтӏа район, Гумбет ва Казбек подрайонал сверизаруна районазде.
Хадусел соназул хиса-басиял
1931 соналъул анлъабилеб сентябралда ДАССР бачана Северияб Кавказалъул краялда гьоркьобе. 1936 соналъул анлъабилеб декабралда, Сталинил конституция къабул гьабун хадуб, Дагъистан батӏа гьабуна Северияб Кавказалъул краялда гьоркьоса.
1937 соналъул 12 июналда тӏолгодагъистаналъул кӏиабилеб чрезвычайнияб советазул съездалъ къабул гьабуна ДАССРалъул конституция.
1933 соналда гӏуцӏана Гӏахьвахъ район.
1934 соналда гӏуцӏана Агъул, Гӏахъуша, Догъузпара районал.
1935 соналда Махӏачхъала район хвезабуна. Гӏуцӏана Гъарабудагъкент, Гъаякент районал. Гьебго соналъ гӏуцӏана Каясулинский, Кули, Хъумторхъала, Унсоколо ва Хив районал.
1938 соналъул 22 февралалда Орджоникидзе краялъул цӏигӏуцӏараб Гъизляр округалда гьоркьобе кьуна республикаялъул северияб рахъалда бугеб щуго район – Ачикулак, Хъараногъай, Каясул, Гъизляр, Шелковское.
1943 соналда гӏуцӏана Гӏавухъ ва Мухӏарамкент районал.
1944 соналъул марталда Гьоркьохъеб Азиялде гочинарурал чачаназул ракьалде ритӏана Дагъистаналъул районаздаса гӏезегӏан росабазул жамагӏатал. Дагъистаналдеги цолъизарун, гьениб гӏуцӏана ункъо район – Рилъаб, Шурагат, Гӏандалал ва Цӏияблак.
1940-абилел соназул бакьулълъиялда гӏуцӏана Хьаргаби, Гъизилюрт, Цӏадахӏари районал.
Округал гӏуцӏи. Цӏидасан
районал гьари
1950-абилел соназул бакьулълъиялда, центр Махӏачхъалаги гьабун, гӏуцӏана Ленинский район, Бежтӏа центргун Цӏунтӏа район.
1952 соналъул 25 июналда ДАССР бикьана ункъо округалде: Буйнакск, Дербент, Избербаш ва Махӏачхъала. 1953 соналъул 24 апрелалда округазде рикьи хвезабуна.
1956 соналда Цӏадахӏариб район хвезабуна.
1957 соналда Грозный областалдаса ДАССРалде кьуна, Терекли-Мектеб центргун, Хъараногъай район, Гъизляр, Крайновка ва Тарумовка районал. Гьебго заманалда ЧИАССР цӏидасан гӏуцӏун хадуб, Дагъистаналда гьоркьоб букӏараб Чачаназул ункъо район тӏадбуссинабуна.
1960 соналда Къахӏиб районалда цӏар хисана Советский абун, хвезаруна Догъузпара, Гъарабудагъкент, Крайновка ва Унсоколо районал.
1963 соналда риххизаруна Гӏахъуша, Гӏахьвахъ, Бабаюрт, Хьаргаби, Гумбет, Дахадаев, Гъаякент, Гъизилюрт, Кули, Курах, Ленинский, Мухӏарамкент, Тарумовка ва Чӏарада районал.
Гӏуцӏана, центр Хьаргабигун, Унсоколо район. Буйнакск район сверизабуна Ленинский районалде.
1964 соналда цӏидасан гӏуцӏана Гӏахъуша, Гумбет, Кули, Курах ва Чӏарада районал.
1965 соналда цӏидасан, центр Кӏаратӏагун, гӏуцӏана Гӏахъвахъ район, Бабаюрт, Буйнакск, Дахадаев, Гъаякент, Мухӏарамкент ва Тарумовка районал. Ленинский районалъул центрлъун гьабуна Гъарабудагъкент росу. Унсоколо районалъул – Унсоколо.
1966 соналда гӏуцӏана Гъизилюрт район. Къасумкент районалда цӏар хисана С. Стальский район абун.
1992 соналда Ленинский районалда цӏар хисана Гъарабудагъкент район абун.
1993 соналда, центр Бежтӏагун, Цӏунтӏа районалда гьоркьоб гӏуцӏана Бежтӏа участок. Гьебго соналъ Усухчай росулъ центргун гӏуцӏана Догъузпара район, Къоркъмасхъала центргун Хъумторхъала район.
1994 соналда Советский района-лъул цӏар хисана Шамил район абун.
Жакъа Дагъистаналда буго анцӏго шагьар ва 41 район.
1991 соналъул 13 маялда ДАССРалъул цӏар хисизабуна ДССР абун. Гьебго соналъул 17 декабралда республикаялъул Верховный Советалъ къабул гьабураб декларациялда рекъон ДССР хисизабуна Дагъистан Республика абураб цӏаралде.