Магӏарул щибаб росулъги ратула халкъиял кучӏдул ахӏизе гьунар бугел гӏадамал. Гьезул щивасул буго цохӏо жидеего хасаб къагӏидаги. Гьединазул кучӏдузухъ урхъун рукӏуна нилъ. Жакъа дица бицина Хунзахъ районалъул Тӏанусиса Ахӏсарат Хӏайбулаевалъул хӏакъалъулъ.

Магӏарул кечӏ бокьулезда гьеб цӏар чанго соналъ цебе рагӏана. Гьелъ халкъияб кечӏ ахӏулелъул, унго-унголъунги беразда цебе кьурдулеб букӏуна магӏаруллъиялъул сипат.

Гьаюна Ахӏсарат кечӏ-бакъаналъе гьунар бугеб хъизамалда. Гьелъул эмен Мухӏамад вукӏана, Хунзахъ тӏалъиялда гуревги, Дагъистаналдаго машгьурав зурмихъан. Доб заманалда росулъ цониги бертин букӏун батиларо, гьесул зурмихъе гӏадамал кьурдичӏеб. Гьединго гьунар букӏана гьесул къали кьабизеги. Районалъул искусствабазул школалъул филиал рагьана Тӏануси гьоркьохъеб школалдаги, Мухӏамадица лъималазда зурма пузеги къали кьабизеги малъизе букӏине. Чанго соналъ хӏалтӏана гьев школалда. Гьеб кинабго махщел гьес ирсалъе кьуна Ахӏсаратихъеги. Гьей йикӏана гьесул бищун пагьму бугей цӏалдохъанги. Абизе ккола, Ахӏсаратил махщалилаб нух школалдасанго байбихьанилан. Гьений цӏалулаго, гьелъ цадахъго лъугӏизабуна районалда бугеб искусствабазул школаги. Лъана аргъан хъвазеги, къали кьабизеги, кечӏ ахӏиялъул балъголъабиги. Гьелъ тӏасабищана магӏарул халкъияб кечӏ. Ахӏсаратица гӏахьаллъи гьабула районалда ва республикаялда тӏоритӏулел миллияб кочӏол фестивалазда ва цогидалги тадбиразда. Руго гьелъул республикаялъул Халкъияб творчествоялъул рукъалъул рахъалдасан щварал шапакъаталги. Гьаб заманалда росдае хӏажатай гӏадан йиго гьей. Гьелъ берцинго нухда рачуна музыкалиял тадбирал.

Ахӏсаратица кечӏ ахӏула эстрадаялдаги аргъан хъванги. Хасго гьелъул кочӏолаб дуниял гӏадамазе рагьана магӏарул жергъадаги кӏутӏун биччалеб бакъаналъ.

— Жакъасел гӏолилазе цӏакъ рокьула эстрадаялда ахӏулел кучӏдул. Гьединлъидал дицаги ахӏула гьединал кучӏдул. Амма киданиги хилиплъичӏо магӏарул кочӏое. Хӏаракат бахъула гьелъул хаслъи кибго цӏунизе. Магӏарул бакъназда ахӏараб кочӏоца гӏадин, диегоги асар гьабуларо, — ян бицана Ахӏсаратица.

Гьелъул щулияб бухьен буго композиторал Каримула Гӏабдулаевасулгун ва Ахӏмад Гӏамирхановасулгун.

Гьабсагӏаталда Ахӏсарат Хӏайбулаева хӏалтӏулей йиго Тӏануси гьоркьохъеб школалда музыкаялъул учительлъун ва росдал ясли-ахалда музыкалияй нухмалъулейлъун.

Гьелъул цӏалдохъаби ва ясли-ахалъул гьитӏичал гӏахьаллъула районалда тӏоритӏулел музыкалиял тадбиразда, ккола цересел бакӏал. Гьелъ аслияб кӏвар кьола халкъияб кӏалзул гьунаралде, рагьула лъималазе магӏарул халкъалъул кочӏол балъголъаби, кӏвар кьола тадбирал магӏарул мацӏалда рачиналдеги.

Ахӏсарат ккола тӏадегӏанаб категориялъул учительги.

Хириял магӏарулал, хъвай нижехъе нужерго гьунарчагӏазул хӏакъалъулъ, ракке нилъерго миллияб газеталде гьоболлъухъ гьезул бицинеги.