«Огь, цӏа буго каранда, кидаго жиб сунареб…»
Гьедин гурищ ахӏараб магӏарулаз халкъияб кочӏол гъасда жидерго гӏищкъул хӏакъалъулъ. Гьеб ахӏухъ гӏенеккидал, биги гьалдолаан, тӏолабго черхалда гъаргъарги балаан, гӏенеккарасул рекӏелъ жиндирго лъалкӏалги тун, гьеб цинги боржунаан бищунго борхатаб мегӏералъул тӏогьибе. Гьеле гьелъулъ букӏана магӏарул халкъияб кочӏол роценги борхалъиги. Гьеле гьединаб асар гьабулаан дие, магӏарухъ халкъияб кочӏол гьаракь бахъиндал.
Гьеб кидаго букӏана магӏарулазда цадахъ. Гьелъ дунялалъего бицана бахӏарчияб магӏарул тариха-лъулги, гӏодана гьеб Ахӏулгохӏда шагьидлъаразухъги, кьалул майданалда берал къанщаразухъги, Хъахӏабросулъа Махӏмудил пандрил сариназухъе чанги угьдана гьеб, «рокьи тӏегьачӏезеги тӏегь бакъваразеги» дару-дарманлъунги букӏана ва хутӏана гьеб. Гьеб бижана магӏарухъ. Ракӏазда чӏвараб цӏерги биинабулаан гьелъ, гӏумруялъул гӏазу хӏеккине бакъул чӏораллъунги кунчӏана гьеб.
Гьеле гьединаб къуват букӏана ва жакъаги буго унго-унгояб магӏарул халкъияб кочӏол.
Рокьул гучалъ магӏарулазул каранда цӏа гьелегьараб миллияб кечӏ чӏурхӏун лъолеб буго гьанже. Хасго гьелъул нур сунеб буго шагьаралда.
Кигӏанго лъикӏ халкъиял кучӏдул ахӏулезухъ гӏенекканиги, черхалда цӏа бакулеб асар гьабулеб гьечӏо. Щайдай? Щайгурелъулха кечӏ ахӏулезда цебечӏолеб гьечӏо гьеб бижараб гъансито. Гьединаб хъурщун гурони боржунареб кечӏ къабул гьабуларо гӏагарал мугӏрузги. Санайил тӏоритӏулел концертазул байбихьуда цо-кӏиго халкъияб кечӏ ахӏунилан, халкъияб маданияталда нур баларо. Унго-унгояб магӏарул халкъиябги, халкъалъе бокьулебги кечӏ гьабсагӏаталда магӏарухъ буго цӏунун хутӏун.
Щайдай? Щайгурелъул магӏа-руллъиялда тӏирщараб, бижараб, тӏегьараб гьелъ асир гьарула гӏадамал гурелги, мугӏрузул чундулги, лъаразул чилиги, гьелъухъ гӏенеккула мугӏрул гӏидраги, гӏидраялда гогьго расандулел кьагӏи-буртӏалги, гьелъ пана гьабула тӏолго тӏабигӏат.
Рокьи ккаразул рекӏелъги басандула гьеб, гьеб бечӏаразул керенги бухӏизабула гьелъ, бахӏарчилъиялъеги чилъиялъеги къулизеги къулула гьеб, гьеб биларазухъ рокьукьгоги балагьула гьеб.
Гьеле магӏарул маданияталъул сиялъулъ яхӏ-намусалъул кьеккеллъун бугеб магӏарул кочӏол роцен. Магӏаруллъи чӏаго бугебгӏан мехалъ, гьелъул хӏайранаб сарин къотӏизе гьечӏо.