Бералда бихьараб – битӏараб, гӏиналда рагӏараб – гьересиябин абухъе, федералияб шагьранухдаса Темиргъой росулъе сверулеб нух буго цӏакъ къваридаб.
Чан авария гьениб кканиги, чан машина чухӏаниги, гьелъул хӏисабго гьабуларо. Кибе хъваниги, нухлул магӏишаталъул хӏакимзабаз хиялго гьабичӏо гьеб сверел гӏатӏид гьабизе яги къачӏазе. Жал гӏинкъалин нухазул хӏалтӏухъабиги, жал бецалин районалъул хӏакимзабиги чӏун руго.
Кӏиго соналъ цебе рагӏи кьун букӏана районалъул нухазул магӏишаталъул начальникас, гьеб сверел гӏатӏид гьабизе. Гьебги бихьараб макьу букӏараб къагӏида.
Цониги росу гьечӏо лъималазул ах гьечӏеб. Буго Темиргъоялда лъималазул ах гӏуцӏизеян абун тӏасабищараб ракь гьелъул ургъел гьабулев чиги гьечӏо.
Росулъ гьечӏо аптека. Кире инел дараби росизе? Ине ккола Цӏияб Чӏикӏаб росулъе щвезегӏан, таксиги ккун. Гьеле гьедин, бицарасул кӏалдир ралагьун, кӏалъалесухъ гӏенеккун, унеб буго темиргъоялъулазул гӏумру.
Дагъистаналъул гӏемерисел росабалъ цӏигьарун къачӏан руго хӏухьбахъиялъе санагӏатал бакӏал. Гьенир гӏуцӏун руго росдал лъималазе расандизе санагӏатал шартӏал. Гьеб рахъалъги битӏккечӏо нижее. Гьаниб буго гӏицӏго цо Улубий Буйнакскиясе бараб памятник. Доб партиялъул заманалда гьенир чӏарал гъутӏбиги ракъван лъугӏана. Щай бегьулареб гьениб цӏидасан гъутӏбиги чӏезе, лъимги бачине? Темиргъоялъул зигара рагӏулеб гьечӏо Хъумторхъала районалъул хӏакимзабазда.