Редакциялде гьаб кагъат бачӏингун, нижеца хӏукму гьабуна кагътида хъвараб хӏалалда ахӏвал-хӏал бугищали бихьизе сапаралъ рахъине. Ниж дандчӏвана Темиргъой росдал бегавул Булач Улисовгун. Гьесул умумул ккола Шамил районалъул Хучадаса. Анцӏгогӏан соналъ нухмалъи гьабулеб буго гьес Темиргъое росдае. Булачица тасдикъ гьаруна Гӏалибулат Мухӏамадовасул кагътида рехсарал хӏужаби.
«Темиргъое росулъ гӏумру гьабулеб буго кӏиазаралда анлънусгоялдаса цӏикӏкӏун чияс. Гьезда гьоркьоса 70 процентниги руго магӏарулал ва хутӏарал лъарагӏал.
Гьечӏо росулъ лъималазул ах, аптека ва цогидал социалиял объектал. Буго гӏицӏго школаги фельдшерасулгун акушерасул пунктги. Районалъул администрациялъ планалде босун буго ФАПалъул бакӏалда амбулатория базе. Гьелъие гӏарацги биччазе буго федералияб бюджеталдаса. Хӏадурун буго лъималазул ах базе бакӏги хӏажатал документалги. Гьелъие бихьизабун буго гектаргӏанасеб ракь, гьабун буго «зеленка». Амма гӏарац гьечӏолъиялда бан, иш кагътидаго хутӏун буго. Районалъул бетӏерас нижее рагӏи кьун буго тӏасияб соналдагӏаги гьелъие нухал ратизе.
Хӏакъикъаталдаги, Махӏачхъалаялдаса Хасавюрталде унеб шагьранухдаса Темиргъое росулъе сверулеб бакӏ буго цӏакъ хӏинкъи бугеб. «Нижеца хитӏабал гьаруна районалъулги республикаялъулги нухмалъиялде. Хъван жаваб нижехъе бачӏинчӏо, амма абуна исанагӏаги машина сверизабизе хӏинкъи кколареб хӏалалда нух къачӏазе бугин абун.
Темиргъоялдаса Уллубиевкаялде унеб нух къачӏалеб букӏана немцазул технологиялда рекъон, цементгун чабах жубан. Амма гьелъул жо ккечӏо. Гьединлъидал Дагъавтодоралъ хӏукму гьабуна Сапаргӏали росулъа байбихьун Темиргъоялде щвезегӏан хъил тӏезе», — ян бицана Булач Улисовас.