Цӏунтӏа районалъул Хутӏрахъ росулъа Хӏизбула Хӏайбулаев ккола бищун кӏудияв чи – гъоркьиса гьес тӏубана 90 сон.

15 сон бараб мехалда, ай 1944 соналда, Хӏизбула росдал гӏадамалгун цадахъ гочине ккана Чачаналде. Гӏумру гьабулеб букӏана Ведено районалъул Эрсеной росулъ. Доба микьго класс лъугӏун хадуб Ведено районалъул военкоматалъ Хӏизбула ахӏана Советияб армиялде. Армиялдаса тӏадвуссун хадуб цӏализе лъугьуна Челябинскалъул тракторазул заводалда цебе бугеб механизаторазул курсазде ва, гьебги лъугӏизабун, тӏадвуссана Эрсеной росулъе. Чачаналда Хӏизбула хӏалтӏула 6-7 соналъ нухазул отделалда трактористлъун. 1957 соналда тӏадруссуна ватӏаналде.

Росулъе тӏадруссарал гьезда батуларо я росулъ, я колода эхетараб мина-рукъ. Кинабго бухӏун батула гуржияз. Цӏунтӏал гочинарун хадуб Сталиница цӏунтӏадерил ракь кьун букӏана гуржияхъе, риидал гӏи-боцӏи хьихьизе абун. Гӏолохъанав Хӏизбула жувана цӏигьабун мина базе ва Замалъа абураб бакӏалда букӏараб кули къачӏазе. Гӏуцӏана цӏидасан магӏишат, байбихьана хьихьизе гӏи-боцӏи, хӏалтӏизабуна ах-хур.

Цӏунтӏа партиялъул райкомалъ гьев ахӏула Бежтӏе, восула партиялъул мухъилъе, кьола нухазул отделалда тракторалда хӏалтӏизе бакӏги. Цӏунтӏа районалда нухал рахъулаго, Хӏизбула хӏалтӏула 15 соналъ Бежтӏа-Кидиро ва Кидиро-Хутӏрахъ бахъулеб нухда. 1971 соналда Кидиро-Хутӏрахъ нухги рагьула ва Хутӏрахъ росулъе нух бахъарав чиги ккола гьев. Росулъе тӏоцебе трактор бачаралъухъ анкьго сон бараб оцги сайгъат гьабула гьесие жамагӏаталъ.

1971 соналда, хӏалтӏул цевехъан хӏисабалда, КПССалъул Цӏунтӏа райкомалъ Хӏизбула витӏула Махӏачхъала шагьаралда Совпартшколалда цӏализе. Гьебги лъугӏизабун, росулъе тӏадвуссун вачӏаравго, Хӏизбула тӏамула Хутӏрахъ росдал Энгельсил цӏаралда бугеб колхозалъул председательлъун. Районалдаго нахъеккараб колхоз букӏана гьеб. Хӏизбулал нухмалъиялда гъоркь гьеб ккана бищунго лъикӏазул мухъилъе. Кӏвахӏ лъаларев, лъикӏав нухмалъулев хӏисабалда, 1970 соналда Хӏизбула мустахӏикълъана «В. И. Ленин гьавуралдаса 100 сон» абураб медалалъе ва райкомпартиялъул грамотабазегун шапакъатазе.

Пенсиялде ун хадувги хӏалхьиялда чӏечӏо Хӏизбула: колода гӏи-боцӏиги хьихьун вуго, гьесул буго 15 чӏегӏерхӏайван. Хӏизбулаца риидал гьабула хӏан, нах ва бичизе босула Махӏачхъалаялде.

Хутӏрахъ росдал жамагӏаталъ баркула Хӏизбулада 90 сон тӏубай. Гьарула гьесие щулияб сахлъиги.