Тӏайгиб Халитов гьавуна 1937 соналда Цӏунтӏа районалъул Шагьикь росулъ. Гьес анкьго сон бараб мехалда, гьезул хъизамги цогидал цӏунтӏадерил жамагӏаталго гӏадин, гочинабуна Чачаназул Ведено районалде. Гьел ккана Балгъата росулъе. Гьениб лъугӏизабуна Тӏайгибица гьоркьохъеб школаги.

1957 соналда хъизам тӏадбуссана гӏагараб росулъе. Лъабго соналъ армиялда хъулухъги гьабун, Тӏайгиб цӏализе лъугьана Буйнакскиялъул медучилищеялде. Гьев тӏамуна Мокъокъ росдал фельдшерлъиялъулгун акушерлъиялъул пункталъул (ФАП) нухмалъулевлъун. Хадув хӏалтӏана Шаури росдал участкаялъулаб больницаялда.

Бигьаяб букӏинчӏо фельдшерасул хӏалтӏи. Машинадул нух гьечӏел росабалъе гьаризе кколаан гӏемерал сапарал, балеб гӏаздалгун цӏадал яги иххица араб нухалъул санги гьабичӏого. Тӏайгиб Халитовасул берзукь букӏана 10 росдал жамагӏат – кисан ахӏи тӏаде щваниги, вахъунаан гьев сапаралде. Аллагьасул кумекалдалъун, гьес хвасар гьавуна чанги чи.

1970 соналда гьев тӏамуна Шагьикь росдал ФАПалъул нухмалъулевлъун. Гьенив Тӏайгиб хӏалтӏана 40 соналъ. Росуцояз, жидер гьабураб тӏалабалъухъ, Халитовасе кьуна «Шагьикьдерил Аскерханов» абураб цӏарги.

50 соналъ хӏалтӏана Тӏайгиб Халитов больницаялда. Гьев къадаралде щвана 82 сон бараб мехалда, амма росуцояздаги цогидал цӏунтӏадеридаги гьев кидаго кӏоченаро.