Херав чанахъан, гохӏда гӏодовги чӏун, чагъана хъвалев вукӏана. Гьесие цӏакъ бокьулаан музыка. Бакънал жинцаго ургъизеги гъира букӏунаан гьесул. Амма бажарулеб букӏинчӏо. Гьенисан унев цо лъалев колхозчияс гьесда абуна:
— Чагъанаги гӏодоб лъун, туманкӏ кодобе босе. Тункӏидаго лъикӏ бачуна дуца. Гьабсагӏат рохьоб ци бихьана дида.
Херас чагъана гӏодоб лъуна ва ци киб бихьарабилан цӏехана. Цинги, туманкӏги босун, рохьове ана. Рохьоб херас гӏемераб заманалъ балагьана ци, амма гьелъул лъалкӏцин батизе кӏвечӏо. Свакана херав ва хӏухьбахъизе цо хӏохьода гӏодов чӏана. Гӏажаибго сасун букӏана рохьоб. Цониги гӏаркьел чӏваркьичӏо. Хӏинчӏалъ гьаракь гьабичӏо.
Цо дагьаб заманалдасан ззиин-н-нилан берцинаб гьаракь рагӏана херасда. Дагьалъги чӏун, цӏидасан бахъана гьебго гьаракь. Щивдай рохьов бакънал рачунев вугевилан, чанахъан тамашалъана.
Херав тӏаде вахъана ва цӏодорго гьаракь бахъараб рахъалдехун ана. Гьаракь рохьил рацӏцӏалъудасан букӏин лъана. Херав, вахчарулаго, гьениве щвана ва накӏкӏигъотӏода нахъасан валагьун чӏана. Рацӏцӏалъуда буго пириялъ бекараб гъотӏол гӏучӏахараб хӏехь. Хӏохьода цебе, квачӏалъ цо гӏучӏги ккун, бугоан ци.
Цица жиндего цӏала гӏучӏ ва биччан тола. Цинги бахъулаан доб берцинаб гьаракь – ззиин-н-ннн. Бетӏерги къулун, ци гӏенеккулаан.
Гӏенеккана херавги. Къотӏана гьаракь. Цица цӏидасан нахъе цӏана ва биччан тана гӏучӏ.
Къасиялде довго колхозчи унев вукӏана херасул кӏалтӏасан. Херав чагъанагун кӏалтӏа гӏодов чӏун вукӏана. Гьес килщица цӏалеб букӏана чӏчӏва, ва гьелъ ззинан ахӏулеб букӏана.
Колхозчияс херасда гьикъана:
— Щиб ккараб, чӏварабищ ци?
— Чӏвачӏо, — ян абуна херас.
— Щайха чӏвачӏеб?
— Кинха дица гьеб чӏвалеб, дунго гӏадаб музыкант гьебги батараб мехалъ.
Херас бицана пириялъ бекараб гъотӏол гӏочӏода циялъ бакъан бачунеб букӏараб куцалъул.