Багӏараб ххамалъ чӏухӏизабураб столалда тӏад данделъана кӏиго квер. Цоцазе саламги кьун, байбихьана гьикъаризе:
— Мун лъил? – ан гьикъана тӏадагьаб тамахаб квералъ къуватаб пинкьахараб квералда.
— Дун ккола трактористасул квер! – ан чӏухӏадго жаваб кьуна пинкьахараб квералъ. – Дица хур бекьула, тӏорщел бакӏарула. Чед гӏезабула, гӏадамал кваназарула. Халкъалъ дир хӏурмат гьабула. Дуца щиб гьабулеб? Мун лъилха кколеб?
— Дун буго музыкантасул квер! – ан жаваб кьуна тӏадагьаб квералъ. – Дица музыка бачуна, бакънал рахъула. Музыкаги къваригӏунелъулха гӏадамазе.
— Битӏараб буго, дицаги дур цӏакъ хӏурмат гьабула, — ян абуна пинкьахараб квералъ. – Музыка гьечӏеб гӏумру букӏинаан чӏамучӏаб, хаслихъе цӏад гӏадаб цӏорораб.