Ролъул тӏор

Дунги кӏодоэбелги

Хурире щвезе ана,

Свакарал ниж цо ссанда

Хӏухьбахъизе лъалхъана.

Сверухъе валагьана,

Бихьана цо ролъул тӏор:

Нилъер кӏудадал гӏадал

Михъал ругоан гьелъул.

Сордо

Лъиданиги лъачӏого,

Лъилго изну гьечӏого,

Бачӏана лахӏ гӏадинаб,

Бачӏана бецӏаб сордо.

Тамахаб бусен тӏамун,

Гьури кьижизабуна,

Гьодида кверал рахъун,

Хӏанчӏи сасинаруна.

Гӏурччинхарил кӏутӏбузде

Пунхъана лъел къатӏраби,

Тӏугьдузул гӏанабазда

Багӏараб лъуна накъищ.