«Батӏияв вукӏине изну букӏинчӏо» абураб Патӏимат Гьитӏиновалъул ОАО «Концерн КЭМЗалъул» генералияв директор Ибрагьим Ахӏматӏовасул хӏакъалъулъ хъвараб тӏехьалъул презентация букӏана араб анкьалда Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб Миллияб библиотекаялда.

Тӏехьалъул бицине данделъун рукӏана магӏарулазул интеллигенциялъул вакилзаби, гӏадатиял гӏадамал, Ахӏматӏовасул ракьцоял.

Тадбир нухда бачана авар басмабазул цолъиялъул нухмалъулев Мухӏамадрасул Гӏумаровас. Гьес къокъго бицана тӏехьалъул авторалъул ва гьелъул аслияв героясул хӏакъалъулъ.

Ибрагьим Ахӏматӏовасул захӏматалъул нух ракӏалде щвезабуна Дагъистаналъул хӏукуматалъул вице-премьерлъун хӏалтӏулев вукӏарав Набиюла Мухӏамадовас.

— Абизе бегьула гьаб тӏехь кколин гӏуцӏарухъан-захӏматчиясул бажари бугев нухмалъулесул хӏакъалъулъ хъвараб тӏоцебесеб тӏехьилан. Гьелдаса, гьединав гӏуцӏарухъан магӏарул миллаталъул вакил вукӏиналдаса рохизе ва чӏухӏизе ккола нилъги, магӏарулал, — илан абуна гьес.

Дандеруссиналда кӏалъарал Магӏарул миллияб автономиялъул нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадовас, «Дагъистан» журналалъул бетӏерав редактор Мухӏамад Бисавгӏалиевас, Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Мухӏамад Хӏамзаевас ва цогидаз тӏадегӏанаб къимат кьуна тӏехьалъе ва гьелъул аслияв герой Ибрагьим Ахӏматӏовасул кӏудияб ишалъе.

Гьенибго П. Гьитӏиновалъе районалъул нухмалъулезул рахъалдаса Баркалаялъул кагъатги кьун баркиялъул калам гьабуна Шамил районалъул бетӏерасул заместитель Махӏач Махӏачевас.

Гьеб горсвери жеги бечед гьабуна Дагъистаналъул халкъиял артистал Хирамухӏамад Хирамухӏамадовасул, Хадижат Жамалудиновалъул ва Абакар Гӏумархӏажиевасул церерахъиназ.

Шамай Хъазанбиева

Ахирал соназда магӏарул адабияталда ккарал лъугьа-бахъиназда гьоркьоб аслиязул цояблъун лъугьанин абизе бегьула Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тӏобитӏараб, дагьаб цебе къватӏибе бачӏараб Патӏимат Гьитӏиновалъул «Батӏияв вукӏине изну букӏинчӏо» абураб тӏехьалъул цебелъей. Данделъи ана кутакалда берцинго. Талихӏалъ, гьенир рукӏинчӏо халатал ва чӏамучӏал кӏалъаял, хӏажат гьечӏеб лъамияб рецц-бакъ. Хадубккун гьединал тадбирал тӏоритӏулез гьеб хӏисабалде босани лъикӏ букӏинаан.

Цереккун къватӏире рачӏарал гьадинаб тайпаялъул тӏахьазде дандеккун, гьаб асаралъул руго цӏализе байбихьаралдасаго цере рехун рачӏунел жиндирго хаслъаби. П. Гьитӏиновалъухъа цӏакъ махщалида бажарун буго, магӏарул миллаталъул чӏухӏилъун жакъа вугев, Ибрагьим Ахӏматӏовасул гӏумруялъул хӏакъалъулъ рекӏелъе бортуледухъ хъвазе. Дица рикӏкӏуна гьеб бугин Цӏияб соналъ магӏарулазе щвараб унго-унгояб сайгъатилан! Баркала, Патӏимат, баркала, Ибрагьим!

Ахиралдаги бокьун буго Магӏарул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадовасда гьаризе, «Батӏияв вукӏине изну букӏинчӏо» абураб тӏехь Дагъистаналъул Пачалихъияб премиялъе бихьизабизе хӏисабалде босеян! Ракӏчӏун абизе кӏола — гьеб гьелъие мустахӏикъаб буго!

Расулулагь Хӏажиев

Тӏехь цӏаларабго бичӏчӏана дида, гьеб цохӏо, «квер кваларалъуб ва хӏетӏе чӏаралъуб лъикӏлъи бекьулев» унго-унгояв инсан, инсул дарсал кӏоченчӏев магӏарулав, Ибрагьим Ахӏматӏовасул хӏакъалъулъ хъвараб тӏехь гуреблъи. Гьесул гӏумруялъул мисалалда Патӏиматица бихьизабун буго кинаб заманги, кинал гӏадамалги, кинаб гӏумруги букӏараб нилъер умумузул ва гьезул дарсал росизе лъани кинаб борхалъиялде вахине бегьулев росдал гӏадатияв васали.

««Щиб дуца гӏумруялда жаниб дурго ракьалъе гьабураб?» — ин суал бачӏине буго цощинаб къоялъ. Гьелъие жаваб кьезе кколелъул. «Нилъер щивасул кодоб буго умумузул ракь чӏунтизабиялъул яги гьеб чӏухӏизабиялъул кверщел», — ин абула дица васазда, росулъ щиб-щибниги ишалъе кьучӏ лъолаго, гьеб гӏуцӏулаго. Нижер эмен вукӏана хъизаналда жанибги, хъулухъ тӏубазабулаго жамагӏаталда цевеги щибго тӏекъаб, хӏалихьатаб гӏамал гьабичӏев чи. Дир изну букӏинчӏо жакъа вугелдаса батӏиявлъун, росдаде мугъ рехарав тохав чилъун вукӏине» — гьал гурищ жакъа нилъее къваригӏун ругел дарсал? Умумузул ракьги рехун тани, росабиги чӏунтизе тани, рахьдал мацӏги кӏочене тани, «щиб дуца гӏумруялда жаниб дурго ракьалъе гьабураб», — илан суал бачӏараб къоялъ, кинаб жаваб нилъеца ва нилъер лъималаз кьезе бугеб?

Гӏодобе биччан чвахулеб лъарал чили гӏадаб магӏарул мацӏалъ гӏадада гуро Патӏиматица гьаб тӏехь хъвараб. Гьелъие бокьун буго, тӏоцере магӏарулал чӏухӏизе магӏарул чиясдаса, кӏиабилеб — нилъер гӏун бачӏунеб гӏелалъе гьев мисаллъун вукӏине. Дида ракӏалде ккола гьаб «Батӏияв вукӏине изну букӏинчӏо» абураб тӏехь цин щивав мугӏалимас цӏализе кколин ва цӏалдохъабазда цебе лъезе кколин. Авар мацӏалъул мугӏалимзабазул цолъиялъ хӏаракат бахъизе буго гьаб тӏехьалъул пикру гӏун бачӏунеб гӏелалъухъе щвезабизе.

«Букӏинеселъул «жавабчилъи тӏаде кколеб цӏияб гӏел дидасаго рухӏияб рахъалъ бечедаб, гӏамалалъул рахъалъ къвакӏараб ва гӏакълу-лъаялъул рахъалъ бегӏераб букӏине бокьун буго дие», — йилан абулеб буго Ибрагьимица. Тӏехьалда жаниб чанги гӏолиласда ратила жидер суалазе жавабал, кантӏизариял.

Баху Мухӏидинова