Магӏарулазе цӏияб спектакль хӏадурулеб буго Авартеатралъ.
Гьаб анкьил итниялъ букӏана, сдача спектакля абун театралияб искусствоялъул гӏадамаз абулеб, гьелъул цебелъей. Лъарагӏазул драматургас хъвараб «Намус» пьеса сценаялда лъун буго режиссер-постановщик Гӏалисултан Батировас. Хъантӏиялъ намусалдаса нафс бергьараб, ракӏал рицалъараб нилъер заманалъул гӏузраби рагьулел руго цӏияб спектаклялъ.
Щиб жоха гьеб цебелъеяли ракӏалдещвезабизин цоги нухалъ. Халкъалъе рагьилалде режиссерас жиндир хӏалтӏул хӏасил бихьизабула, хасгьабун гӏуцӏараб худсоветалдагун коллективалда цебе, гьенирего ахӏула театралияб искусствоялъул махщелчагӏиги, гьелъие къимат кьезе лъалел гӏадамалги. Кигӏан гӏемераб заманалъ тӏад хӏалтӏараб, цӏикӏкӏун харжал гьарураб бугониги, спектаклялда гӏумруги бихьуларо худсоветалъ гьеб къабул гьабичӏони.
Гӏиси-бикъинал гӏунгутӏабазде режиссерасулгун актеразул кӏварги буссинабун, «Намус» спектаклялъе нух рагьана къимат кьолез. Гьенир гӏахьаллъана пьесаялъул автор ва Лъарагӏазул театралъул махщелчагӏи, режиссерас ахӏун рачӏарал магӏарул театр бокьулел, бичӏчӏулел машгьурал гӏадамал.
Гӏемер кватӏизе батиларо Батировас лъураб цӏияб спектаклялъул премьераги.