Къаси театралде йилълъине кколин ахӏун бачӏана дихъе чӏарадисезул халкъияб театралъул режиссер Рашидатица. Белталги ругила росун, кополаб комедияги бугилан. Гьанже гьеб маданияталъул дунялалде берхьвагӏичӏого тӏуязехъинги гьечӏелъул. Махщелцояз абухъего, беццизе щвечӏони, какизениги хӏужа камиларин, ячӏинин кьуна рагӏи.

Маркӏачӏул какдаса хадуй театралде гӏагарлъулаго, араб гӏасруялъул 90-абилел соназ чакарул килоялда хадуб гӏадаб, гӏадамазул халатаб читӏир халлъана кассаялда цебе. «Лъилниги концерталдедай гуккун гьание якӏарарай» — ан паркъана пикру. Жанахӏалде лъугьунаго берчӏвараб «Цо ясалъул ункъо бахӏарав» музыкалияб комедиялъул афишаялъ гьеб пикруги хъвагӏана.

Рещтӏун халкъалъ цӏуна зал. Гьаб щиб хӏикмат? Спектаклялъ гьедин зал бакӏарун гӏемер бихьун букӏинчӏо. Гьединал пикрабазда сверухъ балагьулаго халлъана театралъул машгьурай актриса Наира Хӏабибулаева.

— Гьаб щиб гӏаламат, Наира, кинаб макъратӏисалъ гьаб халкъ нужеца бакӏарараб къаси?

— Дица лъураб комедиялъха, — ян абуна Наираца, жиндиего хасиятаб разилъиялда. — Нагагь тохаб жо бихьани, дида абичӏого тоге,-янги абун, жиндирго ишалъ ана комедиялъул режиссер.

Узухъда, реклама хьвадизабулел жамгӏиял гьиназулги квербакъи камун батиларо комедиялъул цӏар тӏибитӏизабиялъе. Инстаграм дергъезабулел гӏадал чагӏи рукӏанин ккола гӏемериселго данделъун.

Хӏакъикъаталдагиха интеллигент гӏадав чиясда нагагьги берчӏвачӏо. 2000-абилел соназ театралде цӏазего кӏоларого букӏараб залалъул цӏикӏкӏунисеб бутӏа гӏолохъанав зрителас ккун бугоан.

Сценаялдаса рихьулел рокьул кор боркьарал накъитаз паналъарал гӏолилал «гӏив» ахӏизе лъугьана. Рекъон гьечӏин, гӏодоре риччаян аскӏор рукӏарал чӏахӏияз тӏадрагӏи абидал:

— Дол, рокьул махх гӏадал, актрисабазул движениязда абизе жого гьечӏищ нужер, хӏурматиял? — ин цӏакъ гӏедерго жаваб кьуна гӏоркьилаз.

— Дол хӏалел ругоха..

— Кутакалда цӏакъ хӏалел руго! — ян абулаго, гӏолохъаби нижедаса рикӏкӏаде, нахъисел кьеразде ана гӏодор чӏезе.

Театралъул гӏумруялъул гӏезегӏанго мех гьоркьоб биччан букӏун буго дица. Гьеб заманалда жаниб Наира Хӏабибулаевалъе кьун буго «Дагъистаналъул халкъияй артистка» цӏар, гьелъ режиссерлъиялдаги хӏалбихьун, сценаялда цӏигьабун буго кӏигониги спектакль. Гьеб хӏалбихьиялъул хӏасиллъун бугин абизе бегьила, релъудаса кӏал тӏолареб, занкӏун цӏураб зал. Гъол гӏолохъабаз абулел рекъечӏел движениял дида гӏемер халлъичӏо, халлъана цӏиял гьунарал. Гьезулъги тӏокӏго вихьана Исмагӏилил роль хӏалев гӏолилав. Битӏахъе рекӏедаса унеб букӏана халкъ гьесул кополаб хӏаялъ. Рагъа-ракари гуребги, цӏакъ кӏарчанго, сон росулъа эхеве вачӏараб гӏадин чвахун бицунеб бугоан мацӏги.

Хӏасилул калам, саламатго релъизаруна цо ясалъул ункъавго бахӏарас. Лъикӏав актерасул кӏалдиса унеб каламалъги тӏубан кверде босула зал, асар кьоларезул каламалъ чӏамучӏлъиги бегизабула. Гьединабго къуват яги загӏиплъи букӏуна текст хӏадурулез актеразул кӏалдиб лъураб мацӏалъулги.

Пайда босизе лъарав чиясе гъварилъиги бечелъиги гӏураб гьечӏищха нилъер мацӏалъул. Гугьар кьолеб хӏалалъ гьеб хӏалтӏизабизе лъай-лъангутӏи — гьеб цоги суал буго..

Гъол «гӏив» ахӏулел гӏолилазул бадибчӏвай актеразгун режиссераз хӏисабалде босани, бегьунгутӏи букӏинароан…