Аваразул театралъе кьучӏ Хунзахъ лъураблъи лъаларев чи гӏемер ватиларо. Гьелдаса нахъе исана сверула 85 сон. Зама-заманалдасан театралъул гӏумруялдаса цо-цо лъугьа-бахъинал кьуни лъикӏин ккана нижеда.
Бащдаб гӏасруялдаса цӏикӏкӏун заманалъ Авартеатралъул актерал раччулеб машинаялда хӏалтӏарав чи вукӏана мунагьал чураяв Тӏасажунгуталдаса Хӏасан-Хӏосен Мухӏамадов. Шоферлъун хӏалтӏизе гьев вачӏун вуго Авартеатр жеги Шурагьибго бугеб мехалъ. Церегӏанго соназ гьесулгун букӏараб гара-чӏвари батана дир архивалда.
Актеразул цӏураб автобусгун Хӏасан-Хӏосен щвечӏеб магӏарул район ва росу батиларо Дагъистаналда. Гьел сапаразда хурхарал Хӏасан-Хӏосенил ракӏалдещвеял кьолел руго жакъасеб номералда.
«Доб, 50-абилел соназул байбихьуда автобусалги рукӏинчӏо. Гӏемераб гӏакъуба бихьулаан артистазда нухда, гастролазда. Магӏарухъе нухал рукӏана захӏматал, къваридал. Гьединал чӏедерал бакӏаздасан тавакал тӏамун чанги нухалъ бачана машина. Байбихьуда дихъ букӏана цӏулал кабинаялъул полуторка машина. Балеб цӏадакь, пулеб гьоролъ кузовалдаса гъоркье хӏатӏалги риччан рукӏунаан артистал. Нижер ахӏилъун букӏана нух хун батаниги гьебги къачӏан церехун ине. Цӏадаз ччукӏун, тӏун батараб бакӏалда артистал киналго тӏаделъун гьабулаан нух.
Лъаратӏаса тӏадруссунел рукӏана цо нухалъ. Цояз гӏисинккун зикру бачунеб, цогидал кечӏ ахӏулел актералгун гӏисинаб бакъаналъ рачӏунел рукӏана. Доб мехалъ директорлъун вукӏана Хӏамзатов Мухӏамад. Гьев вукӏана дида аскӏов кабинаялъув. Гьездехун вуссун дунги тохлъун цо заманаялъ машина чӏана гӏурулъе балагьун кьурул рагӏалда. Гӏодобе гирунги инчӏого, бегизеги бегичӏого гьетӏун чӏана. Гӏурул рахъалдехун вукӏарав директорги ана рагьун нуцӏаги бачӏун вортун, гьединго артисталги инарищха. Дунги чӏана вугелъуса шуричӏого, гьанже гьал киналго гӏурулъеги рортун дие гӏумру щай, машинагун цадахъ гьабсагӏат шапун инилан. Талихӏалъ, гьеб букӏун буго чабхил лабаллъи. Киналго чӏаго-гӏатӏго рачӏана гӏурул рагӏалдаса тӏаде харун. Гьелдаса нахъе цӏакъ бер цӏодорго вукӏине хӏаракат бахъулаан къваридал нухазда.
Цоги нухалъ Чӏараде унаго, Чӏохъ- Коммунаялде щведал, нухал квешал ратун, гьенибго дица бачунеб автобусги тун рилълъана актеразул къайи-цӏа тӏад лъураб машинаялдеги рахун. Машина бачунев вукӏана Закаталаялдаса вачӏарав цо гӏолилав. Тӏадруссун рачӏунаго цӏакъ къваридаб бакӏалдаса нух тӏун ун батана. Кӏиябго рахъалда чӏун гӏемерал машинабиги рукӏана. Нижер грузовикалъул шофер, жинца жеги чӏужу ячун гӏумру гьабизе ккун бугинги абун, жиндирго къайи-цӏаги босун, ругелъур нижги машинаги тун, лъелго цевехун ана. Рохьоре ун рахалги къотӏун, гьелги данде рухьун нух гьабизе рачӏаян дица абидал гӏенеккулев чи ккечӏо. Дунго вилълъана рохьове. Хадур цогидалги гӏунтӏана. Дица абухъе, рахалги дандрухьун гьабуна нух. Амма гьениса тӏоцебе машина бачине таваккал гӏолев чи вукӏинчӏо. Кьун газгун доб рахъалдехун боржизабуна дица машина. Гьеб мехалъ артистаз дун кодовеги восун эхе-эхеде рехана лъикӏ заманаялъ.
Анкьго директор хисана театралда дун хӏалтӏулел соназ. Шофёр гӏадин гурев, творчествоялъул чи хӏисабалда къабул гьавулаан гьез дун.
Актерлъиялъе щай хӏал бихьуларебан абулаан гӏемер. Дие бокьарабани гьаз дун цевего артистлъун вахъинавилаан. Цо нухалъ Местӏерухъ росулъ рукӏана «Яхӏиял бертин» абураб спектакльгун. Сценаялда унеб букӏана бертин. Цо мехтарав чиясул гьитӏинабго сценка хӏазе тӏадкъан букӏана дида. (Гӏадамазда щибха лъалеб дун шофер вукӏин). Дун цеве вахъарабго, пинхъи-пинхъи бахъана актеразул. Дихъ балагьун релъун чӏезе кӏвечӏого, киналго артисталги сценаялдаса тӏурун ун, цохӏо дунго хутӏана халкъалда цеве. Тӏокӏаб роль хӏазе дун вахъинчӏо.
Кидаго кӏоченаро Патӏимат Хизроевалъулгун цадахъал сапарал. Гьей цадахъ йигони, коллективалъул вакъарав, къечарав, тӏад чорокаб ретӏел бугев чи вукӏунароан. Цӏакъ гӏаданлъи бугей чӏужу йикӏана мунагьал чурад. Цо нухалъ, ракӏалда буго Харахьире щведал, коллективалда цояз мичӏилъ хинкӏал рокьилилан абулеб рагӏун, Патӏиматица гьел гьаризе бахъараб хӏаракат. Гӏадамазухъа хьагги ханжуги гьарун, къватӏиб цӏаги бакун, цо параялда релъун мичӏилъ хинкӏал лъуна гьелъ нижеда цере. Гьединавго вукӏана цадахъ ругезе Басир Инусиловги.
Махсара-хочӏалда унаан сапаразда къоял. Актерал аралъуве ине гъира кколаан диргоги. Жалго сценаялде унеб мехалъ лъималгун толаан гьез дун. Гӏемерисел актеразул лъимал гӏуна дир кабинаялъур. Тезе чи гьечӏез цадахъ рачунаан кидаго. Дунги, тӏадаб жо гӏадин, ругьунлъун вукӏана гьел хьихьизе».
Магӏарулазда, бихьизабизе бегьулареб, нилъер гӏадатаздаги диналдаги дандекколареб жо букӏунаро Авартеатралъул. Заман щун буго гьебги бичӏчӏун, авар халкъалъ нилъер миллияб театралъул хӏурматги гьелъие бажарараб кумекги гьабизе.
Миллияб театр бугеб бакӏ миллатцоязда кӏочараб заман букӏана доб.