Гьал къоязда Махӏачхъалаялда Ахӏмад Гӏазизовасул клиникаялда тӏобитӏана урологиялъул, андрологиялълул ва репродуктологиялъул унтабазда тӏасан гӏелмияб конференция.

Гӏадатияб куцалда босани, гьел ккола хас гьабун бихьиназулги руччабазулгийин абулел унтаби. Конференциялда гӏахьаллъана нилъер республикаялъул ва Чачаназул машгьурал тохтурзаби. Гьезие лекция цӏализе ячӏун йикӏана Москваялдаса Сеченовасул цӏаралда бугеб больницаялдаса медицинаялъул гӏелмабазул доктор Заида Хӏажиева. Миллаталъул рахъалъ лъарагӏай ккола гьей.

Гьелъ батӏи-батӏиял улкабазда кӏващул цӏуниялдехун гӏадамазул ва тохтурзабазул бугеб бербалагьиялъул, гьеб унти сах гьабиялъул, гьанжесеб медицинаялъул цебетӏеялъул хӏакъалъулъ бицунеб пайдаяб гара-чӏвари ккана гьениб.

Хас гьабун «Хӏакъикъаталъе» Заида Хӏажиевалъ гьадинаб баян кьуна гьеб унтуда тӏасан:

— Кӏващул унтудаса цӏуни гӏицӏго урологазул масъала кколилан цогидал специалистаз (гинекологазги, эндокринологазги, невропатологазги) нижеде тӏаде рехун толаребани, кутакалда лъикӏал хӏасилал рукӏинаан.

Гьединго советияб заманалда букӏараб тӏолабго халкъалъул диспансеризация гьабиги цӏигьабизе ккола. Гьелъ рес кьола унти бачӏинахъего тӏатинабизе.

— Россиялъул регионазда гьоркьоб Дагъистан кинаб бакӏалда бугеб гьеб унти тӏибитӏиялъул рахъалъ?

— Батӏалъи бугин абиларо дица. Гьава-бакъалда, кваналеб жоялда яги чиясул жинсалда бараб жо гьелъул букӏунаро. Гьеб унти гӏолохъанго баккулеб буго. Амма, цогидал бакӏазда данде ккун, Дагъистаналда гӏемерисел гӏадамал тохтурзабахъе уна иш рагӏалде бакӏарараб мехалда.

Медицинаялъул гӏелмабазул доктор Ахӏмад Гӏазизовасул рагӏабазда рекъон, хас гьабун руччабазулин, бихьиназулин рикӏкӏунел унтабиги цӏикӏкӏунел руго:

— Гьеб бараб буго экология чороклъиялда, стрессазда, кванда. Масала, тукабазда бичулеб кванилъ руго черхалъе заралиял жал. Гьединго тарбия щвечӏолъиги ккола гьелъул магӏна. Цере ккара-ккарал жинсиял гьоркьорлъаби гьарулел руго нилъер гӏадамаз. Гьелдалъун иммунитет загӏипал чагӏазде бахуна бокьараб инфекция.

— Магӏарухъа бихьиназда простатит ккеялъе гӏилла цӏикӏкӏунисеб мехалда гьел годекӏанир цӏорорал ганчӏазда тӏад гӏодорчӏейги батила.

— Гьел гӏемерго сахал рукӏуна гьанир, шагьаралда, хинал рукъзабахъ рега-рахъун ругезда дандеккун. Хасго ригь арал магӏарулал. Доз рахунел рукӏарал мугӏрул-щобалги, хуриб-ахикь, гьабихъ гьабулеб букӏараб хӏалтӏиги рагӏичӏогойищ дуда? Какие чуризе лъимги киданиги бухӏизабулароан гьез. Амма шагьаралъул унти дагь-дагьккун магӏарухъеги щвана. Дораги гьанже кӏвахӏаллъулел руго хур-хералъул хӏалтӏи гьабизеги рагъа-рашаризеги. Гьанже аппаратураги гӏемерлъун, электромагнитное излучение абураб жоги буго кибго цӏикӏкӏун. Гьединлъидал жакъасев бихьинчи, нилъер умумул гӏадин, лъабго сагӏаталъ ганчӏида тӏад гӏодов чӏани, лъабго къоялдасан больницаялде хъамизе ккола.