27 январалда ДРялъул хӏукуматалда хабар ккана Сириялдагун Гӏиракъалда туснахъ гьарун ругел нилъер гьаниса руччабигун лъимал тӏадруссинариялда сверухъ.
Гьединаб гьаригун республикаялъул тӏалъиялде рачӏун рукӏана гьезул эбел-эмен, гӏага-божарал. Гьел къабул гьаруна хӏукуматалъул вице-премьерал Анатолий Карибовасгун Рамазан Жафаровас, гьединго лъимералъул ихтиярал цӏуниялъул рахъалъ республикаялда йигей официалияй вакил Марина Ежовалъ.
Сириялдагун Гӏиракъалда рагъал ккарал бакӏазда хутӏарал Дагъистаналдаса руччабиги лъималги тӏад руссине квербакъиялъе 2017 соналда гӏуцӏараб комиссия буго республикаялда. Гьениб хӏисабалде босун буго балугълъиялде бахинчӏеб 810 лъимер. Гьедин ахирал соназда Дагъистаналде тӏад буссинабун буго 91 лъимер. Гьезда гьоркьоса 71 лъимер гьабсагӏаталда республикаялда буго. 15 – Россиялъул цогидал регионазде, гьединго кӏиго лъимер Азербайжаналдегун Турциялдеги ун буго гӏага-божаралгун цадахъ.
Абулеб буго Гӏиракъалъ Россиялдаса тӏалаб гьабулеб бугин туснахъалда тӏамурав нилъер щивав чиясда тӏад жидеца харж гьабураб лъабаза-азар доллар. Гьеб гӏарац жидецагоцин бакӏарилаанин хӏукуматалде ккезе течӏого, жидер лъимал дораса нахъе риччалеланиян рукӏана батӏи-батӏиял росабалъагун шагьараздаса 27 январалда Махӏачхъалаялде рачӏарал гӏадамал.
Гьез абулеб буго, гӏайиб батани, жидер лъимал гьанире, рокъореги рачун, законалде цӏайилан, чияр ракьалда течӏого Ватӏаналде рачине кумек гьабейилан.
Цо-цоял хӏадур руго жалго хадур унги дораса гӏагарал нахъе тӏалаб гьаризеги. Амма Марина Ежовалъ гьезда бичӏчӏизабуна халкъазда гьоркьосеб къотӏи-къаялда рекъараб изну бугел чагӏаз гурони гьеб иш тӏубаларилан.
Руччабазул цо къокъа вице-премьералгун дандчӏвазе Марина Ежовалъ рачун араб мехалда, гьелъул хӏалтӏулеб бакӏалда хутӏун йикӏана 50-60-гӏан чӏужугӏадан. Гьезухъа сияхӏ босулел полициялъул хӏалтӏухъабиги рукӏана. Гьез хъвалел рукӏана чияр ракьалда хутӏарал жидерго ясазул, гьезул лъималазул цӏарал.
Гьел руччабазул гӏемерисез бицунеб жо релълъараб букӏана. Цо кӏалдисан гӏадин абулеб букӏана гьезул лъималазул бутӏрул сверизарурал вербовщиказул хӏакъалъулъ. Гьезул гӏемерисел Сириялде щваралго кантӏунги руго.
Масала, Махӏачхъалаялъул цо больницаялда хӏалтӏулей Гуля абурай магӏарулалъ бицана Сириялде щун гӏемер заманго иналде жиндир васас ахӏун бачӏанила жиндихъе тӏаса лъугьин гьарун. Лъикӏаб хъулухъалда банкалда хӏалтӏулев вас вукӏанила гьев. Къокъабго заманалда гӏакълуги хисун, Сириялде ун ватанила гьев жиндаги лъачӏого. Вас дове ун кӏиго моцӏидасан гьесдаго хадуй гьесул лъадиги анин бачун кӏиябго лъимергунилан бицана Гуляца. Сириялде щведал, жеги кӏиго лъимерги гьабун буго гьезие. Амма гьабсагӏаталда вас чӏаго гьечӏин бицана гьелъ. Лъадиги ункъабго лъимерги Сириялъул Аль-Хол туснахъалда рагӏула.
«Вице-премьералгун дандчӏвазе арал руччабазда гъорлъ дун йикӏинчӏо. Амма, йикӏарайани, дица дозда гьикъилаан паспортал хӏадурулеб хъулухъалъул хӏалтӏуда хадуб хал щай нужеца кколаребилан. Дир нусалъе 15 азарго гъурщиде лъабго къоялда жаниб гьабун кодобе кьун буго къватӏисеб хӏукуматалде ине паспорт. Дунин абуни моцӏица балагьун чӏезе ккола гьелъухъ», — ан бицана Гуляца.
Тӏаде балагьун гӏезегӏан сабурай, магӏна бугей, жиндир иш лъалей гӏадан йигоан гьей. Дагьалъ цебе Владимир Васильевас «ДРялъул сахлъи цӏуниялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан» абун цӏарги кьун буго гьелъие. Амма гьоркьо-гьоркьор рачӏун, къанун цӏуниялъул идарабазул хӏалтӏухъабаз рокъоб чӏухь бан, террористасул эбелилан рогьрал ран, рахӏатги хвезабулилан къварилъахъдана гьей.
Цойги магӏарулалъ бицана щуябго сон бугила жиндир васасда хадуб магӏу тӏолелдаса. Къаси рокъове вачӏинчӏеб мехалда, гьесул лъалкӏ цӏехезе полициялде ун йиго гьей. Гьесул телефоналдасан лъан буго гьев Минводы шагьаралда вукӏин. Гьеб мехалда эбелалъ гьарун буго полициялда дова кквейин гьевилан. Амма гьес Минводыялда гьабураб такъсир яги гъалмагъир гьечӏелъул, жидер ихтияр букӏунарин гьев кквезеян жаваб кьун буго полициялъулаз.
Цойги гӏадан йикӏана гьений ясалъулги гьелъул лъабабго лъимералъулги суалалъ ячӏарай. Нечаевкаялда рос чӏван хадув, гьей гӏаданалъул яс, бачун лъабабго лъимергун, ун йиго Сириялде. Росасул васият букӏанила гьединаб.
«Лъица кумекги гьабун гьей дое араяли Аллагьасда лъала. Бищун гьитӏинай ясалъ жеги лъагӏел бан букӏинчӏо. Гьаб ригьалда дихъа бажарилароха жакъа гьеб лъабабго лъимерги бачун Гъизилюрталдаса Махӏачхъалаялде ячӏинегицин. Тӏадежоялъе капек гӏарацги букӏинчӏо гьелъухъ», — илан бицана гьей гӏаданалъ. Гьелъул яс чӏван йиго Сириялда.
Гьанже гьей гӏолохъанчӏужуялъул лъабабго лъимер рагӏула Гӏиракъалъул цо приюталда. Гьезухъ балагьун чӏун йиго гьей Гъизилюрталдаса гӏаданги.
Цо-цо баяназда рекъон, февралалъул байбихьуда гьел лъимал самолеталда тӏадруссинаризе рагӏула Россиялде. Амма хӏинкъигьечӏолъи цӏунизелъун гьеб бачӏунеб бакӏги заманги балъго гьабулеб буго.