29 январалда Монополиялда данде чӏараб федералияб хъулухъалъул (УФАС) республикаялда бугеб Управлениялъул нухмалъулев Каир Бабаевас журналистал ракӏарун рукӏана 2019 соналда жаниб гьабураб хӏалтӏул бицине.
Араб соналъ гьез къабул гьабун буго кинабниги 1700-гӏанасеб гӏарза. Гьеб рахъалъ, Россиялъул регионазда дандеккун, Дагъистаналъул УФАС цебесеб бакӏалда буго. Гьединго контракталъул системаялъул къанун хвезабуралъухъ 5291000 гъурщиде гӏакӏаги къотӏун буго УФАСалъ.
Гьелда гьоркьоса 3000000 гъурущ кьун буго пачалихъиял идарабаз.
Гӏамм гьабун босани, араб соналда жал батӏаго квеш хӏалтӏичӏин абуна Каир Бабаевас. Амма гьабичӏого хутӏараб хӏалтӏиги дагьаб гьечӏин.
Хадуб журналистаз байбихьана суалал кьезе.
Масала, гьикъана Махӏачхъалаялда маршруткабаз рекӏадухъ босулеб багьаялъул хӏакъалъулъ. Араб соналда гьелда сверухъ гӏемераб гӏалагъважа букӏана. Цо-цо маршруткабазул шофераз байбихьана 23 гъурущ босизе.
Цогидаз лъазабуна жидеца багьа бахинабизе гьечӏин, 17 гъурущго толеб бугилан.
Гьеб мехалда республикаялъул УФАСалъ гьезда лъазабун букӏана нужер ихтияр гьечӏин анлъго гъурщица багьа бахинабизе. Амма Москваялъ къабул гьабичӏо гьелъул гьеб хӏукму. Гьедин 2019 соналъул ахиралде киналго маршруткачагӏаз 23 гъурущ абун чӏезабуна рекӏадухъ багьа.
Щай гьедин ккараб ва кӏолеб бугищ багьабазда сверухъ лъугьун бугеб ахӏвал-хӏал хисизабизеян гьикъана пресс-конференциялда.
Иш гьединан ккеялъул гӏайиб жидедаго бугеб гӏадаб асар хутӏанин жиделъилан абуна Каир Бабаевас. Амма жидер гӏайибги кинабилаха гьениб букӏинеб? Миллионалдасаги цӏикӏкӏун чи вугеб шагьаралда жакъа транспорталъул компанияз хӏалтӏизабулеб бугеб система дандекколарила.
Бабаевасул рагӏабазда рекъон, цоги шагьаразда кирниги дандчӏваларо Махӏачхъалаялда гӏадал пассажиразе санагӏалъи гьечӏел «Газелал». Гьединлъидал гьеб рахъалъ хиса-баси гьабизе кколила, тӏоцебесеб иргаялда.
Кӏиабилеб бугони, УФАСалъ хӏукму гьабулаго хӏисабалде росичӏел техникиял ва цогидал гӏиллабиги ратун руго гьенир. Гьебги хӏисабалде босун, нахъчӏван бугоан Москваялъ гьезул хӏукму.
Амма жал кверал тӏатӏала лъун чӏун гьечӏин, пассажирал раччиялда хадуб автоматизированнияб система хӏалтӏизе биччазе ракӏалда бугин бицана Каир Бабаевас. Гьеб хӏалтӏизе лъугьун хадуб бигьалъила гьел багьабазда сверухъ бугеб гӏалагъважа роцӏинабизеги.
Гьединго журналистаз гьикъана УФАСалъ хӏалтӏизабизе байбихьараб «Дисквалификация» абураб статьяялъ кинал хӏасилал кьурабиланги.
— Кӏиго хӏаким хӏалтӏудаса вахъана нижеца гьеб статьяялда рекъон, — илан бицана Каир Бабаевас. — Гьезул цӏарал гьанир рехсечӏого тела. Гьеб гьанжего-гьанже хӏалтӏизабулеб буго нижеца. Гьелъ лъикӏаб хӏасил кьезеги байбихьана.