30 январалда Махӏачхъалаялъул Ирчи Хъазахъил къотӏноб бугеб базаралъул спортивияб къайи-цӏа бичулеб складалда рекӏараб цӏаялъ кинабго бакӏ бухӏана. Цӏа свинабулел чагӏазул 44 чиги кӏиго техникаги букӏана гьениб хӏалтӏулеб, амма цӏа свинабун бажаричӏо.

Гьенисан цӏа щун буго республикаялъул Промышленносталъулгун энергетиаялъул министерствоялъул минаялдеги. Мухӏкан гьаричӏел баяназда рекъон, гьеб минаялъул бащдаб бухӏун буго. Киналго хӏалтӏухъаби нахъе гочинарун руго. Амма гьеб баян тасдикъ гьабулев чи нижехъе щвечӏо. Гьединлъидал тӏубанго гьелде мугъчӏвай гьабулеб гьечӏо нижеца.

2017 соналъул марталда къаси сардилъ цӏаги ккун бухӏун букӏана Ирчи Хъазахъил къотӏноб бугеб базарги. Ричарухъабазул дармил рукъзал гӏемерисел рухӏун рукӏана. Чанго миллион гъурщил зарал ккарал ричарухъаби чанго нухалъ митингалдеги рахъун рукӏана. Амма гьезие рецӏалил гӏарац жеги щвечӏо.