«Россиялъул чӏухӏи» абураб сайталда бицуна ресукъал чагӏазухъе гурхӏел-рахӏмуялъул квер бегьулел гӏадамазул хӏалтӏул хӏакъалъулъ. Гьенибго щибаб анкьалда вищула «Анкьил бахӏарчи». Сайталъул хасаб жюриялъ 16 январалда бахӏарчилъун вищана Махӏачхъалаялда хӏалтӏулев вугев цаби-гӏусазул тохтур, Хьаргаби росулъа Зайнудин Гӏусманов. Гьев мустахӏикълъана «Анкьил бахӏарчи» абураб цӏаралъе.
Зайнудиница щибаб рузманкъоялъ чӏобого кумек гьабула сакъатал ва ресукъал чагӏазе: сах гьабула кариес, рацӏцӏуна, хъахӏ гьарула цаби-гӏусал. Протезазухъ гурони, гьел лъуралъухъ гӏарац босуларо гьес мискинзабазухъа. Щибаб рузманкъоялъ гьес къабул гьавула ункъо-щугониги ресукъав пациент.
«Хӏехьезе кӏолареб унти бугев чи рузманкъоялъухъ балагьун чӏезавизе бегьуларо, гьединлъидал дица гьесие цогидаб къоялъги гьабула кӏвараб кумек. Цо-цо мехалда, байбихьараб хӏалтӏи рагӏалде бахъинабулаго, яги захӏматго унтарал къабул гьарулаго, хӏалтӏул къо лъугӏидалги, гьенивго чӏезе ккола дун. Гьеб лъугьун буго дие ругьунаб ишлъун. Дун ккола тохтур, диего бокьун тӏасабищана медицина, гьединлъидал дида тӏадаб буго, заманалъухъги ресалъухъги балагьичӏого, унтарасе кумек гьабизе», — ян бицана Зайнудиница.
Хадубги тохтурас абуна, жиндир нигат бугила хадубккун щибаб рузманкъоялъ гӏицӏго ресукъал, ай гӏумруялъул захӏматаб ахӏвал-хӏалалде ккарал чагӏазул цаби-гӏусал къачӏазе.
Зайнудинихъе рачӏуна батӏи-батӏиял унтарал. Гӏемер ккола, тохтурги махсараде ккун, чӏобого цаби-гӏусал къачӏазе гъирабарал чагӏи. Гьединлъидал тохтур хӏажатавлъун кколев вуго гурхӏел-рахӏмуялъул фондазде гьез хитӏаб гьабун бугищали халгьабизе. Гьел фондазда рукӏуна ресукъал, ай гурхӏел-рахӏмуялъул кумекалде хӏажатал чагӏазул сияхӏал.
Республикаялдаго цӏар ун буго сахаватав тохтурасул. Гьесухъе рачӏуна Махӏачхъалаялда ва аскӏор ругел шагьаразда гӏумру гьабулел гӏадамал. Тохтурас абуна, жив хӏадурав вугин росабалъа рачӏарал унтаразеги кумек гьабизе, амма захӏмат букӏунила, гьел хӏакъикъаталдаги «диде ккарал чагӏи ругищали» лъазабизеян абун.
Зайнудиница тӏокӏлъиялда лъугӏизабуна ДГМУ. Гьев рикӏкӏуна лъай-махщел камилав тохтурлъун. 2017 соналда Москваялда тӏобитӏараб Халкъазда гьоркьосеб цаби-гӏусазул тохтурзабазул анкьабилеб Олимпиадаялда ДГМУялъул щуабилеб курсалъул студент Зайнудин Гӏусмановас чӏел босун букӏана «Ортопедия» номинациялда. Тӏолгороссиялъул ортопедиялъул жив-жив унтарасда рекъонкколеб слепок хӏадуриялъе къваригӏунеб гъуд гьабиялъул къецалда гьесие щвана тӏоцебесеб бакӏ.
Зайнудиница абуна, тохтурлъун цӏалулаго, жинца нигат гьабун букӏанила ресукъал унтарал чӏорого сахгьаризе. Цо пуланаб дарсида жинца преподавателасдаги курсцояздаги гьеб къасдалъул хӏакъалъулъ бицанила. Киналго гӏажаиблъанила, амма студентаз жиндир къасдалъул рахъкквечӏила, преподавателасги, велъулаго, абунила, «бокьилаан, цӏалиги лъугӏун, хӏалтӏулеб мехалда баркалаялъухъ цаби-гӏусал къачӏалев мун вихьизе», — ян.
Университеталда цӏалулаго, Зайнудиница жигараб гӏахьаллъи гьабулаан «Сподвижники добра» абураб студентазул жамгӏияб гӏуцӏиялъулъ, хьвадулаан субботниказде, ифтаралъул садакъа бикьизе ва кьишниялъул къалал лъеялъул тадбиразде. Гьединаб хӏалбихьиялъги квербакъанила жакъа гьабулеб гурхӏел-рахӏмуялъул хӏалтӏуеян абуна гьес.
«Гӏадамазе кумек гьабизе бокьи дилъ эмен Мухӏамадидасаги эбел Гӏайшатидасаги щвараб буго. Гьел руго хьергебдерил жамагӏаталъе кумек-квербакъиялъе рахъун чӏарал чагӏи. Масала, инсуца киридахъ къачӏала нухал ва иццал. Дир яцалъул буго лъималазул ратӏлил тукен, ресукъал хъизамазе садакъаде бикьула гьелъги къайи.
Битӏун бицани, киналго рази рукӏуна дидасаги яцалдасаги, абула ниж цӏакъ ракӏгӏатӏидал чагӏи ругилан. Дица абила, мискинчиясе кумек гьаби захӏматаб иш кколаро, бокьани, гьелъие ресги заманги батула. Чӏорого ресукъал чагӏи сахгьарунин абун, дун я мискинлъичӏо, я гьелдаса дир ракӏбухӏичӏо.
Гӏемерисел ресукъал унтарал ккола ракӏги кверги гӏатӏидал чагӏи. Цо-цо мехалъ гьез дие, чай гьекъезеян, гьуинал сайгъатал рачӏуна. Ккола цо-цо кепал лъугьа-бахъиналги. Масала, цо нухалъ унтарасе дица чӏорого цаби къачӏана, нахъе унаго, гьес дир столалда тӏад гӏарац тун батана. Гьайгьай, хадусеб къабул гьавиялда дица гьеб гьесухъе кьуна. Амма дица киданиги инкар гьабуларо, гӏадамаз жидерго квераз гьарулал расанкӏабаздаса, гьединал сайгъатал дица бищунго къиматаллъун рикӏкӏуна, щайгурелъул дие гӏоло чияс гьезие кьун буго жиндирго рокьиги ракӏги», — ян абуна З. Гӏусмановас.
Тохтурасул нигат буго, живго бетӏергьанаб цаби-гӏусазул поликлиникаги рагьун, Дагъистаналъул рикӏкӏадал районазул росабазул ресукъал чагӏазеги кумек щолеб къагӏида гӏуцӏизе.
Зайнудиница абуна, жиндир мисалалда рекъон, гӏезегӏан тохтурзабаз байбихьун бугила ресукъал чагӏазе чӏобого кумек гьабизе. Жинца гьабулеб хӏалтӏи берцин бихьун, цадахъ хӏалтӏулел цо-цо тохтурзабазги, гӏарац цӏехечӏого, мех-мехалъ къабул гьарулила ресукъал унтарал. Гьединго, телефоналъ ахӏун, дандчӏвайдал цӏехон, медуниверситеталъул студентаз лъазабулила мискинзабазухъе рахӏмуялъул квер бегьиялъе Зайнудиница ургъараб къагӏидаялъул хӏакъикъат.
Зайнудиние кӏудияб баркала загьир гьабулеб буго «Хӏакъикъаталъул» коллективалъ. Аллагьас дунялги ахиратги битӏизабеги гьединав сахаватав магӏаруласе. Лъикӏаб букӏина республикаялъул больницабазул цоги тохтурзабазги гьесдаса мисал босани.
Хӏурматиял цӏалдолел, бокьила гьеб рахъалъ нужер пикруги лъазе.