Шамат къоялъул къаси Семендер поселокалдаса, унтарай ункъгӏалалдеги щун, нахъруссун рачӏунел рукӏана дунги хъизанги.

Дунял рукӏкӏараб заман букӏиналъ ва транспорталъул гӏемерлъиялъ машина хехго бачине рес букӏинчӏо. Поселок бахарабго, кьоде щвелалде, тӏоцебесеб Махӏачхъалаялдехун квараниса сверуда машинаялъул канлъухъе дир берчӏвана, квер борханиги, машинабиги чӏоларого, рахӏат хун, дове гьанииве хьвадулев гьитӏинав васасда. Гьединаб тохаб бакӏалда квачараб сордоялъ лъимерги тун ине дида кӏвечӏо ва, машинаги лъалхъизабун, гьев рекӏинавуна. Гьитӏинабго черхалъул загӏипабго лага-саналъул вас вугониги, гьес машинаялда жанив гӏодов чӏарабго, адабалда кӏудияв чияс гӏадин кьураб саламалъ дир рекӏее лъикӏаб асар гьабуна. Гьитӏинав бахӏарчиясул хьвада-чӏвадизе лъай бихьулищан диего пикруги гьабун, гӏемер мехго инелде аскӏов гӏодов чӏун вугев гьесда дица цӏехана щай цадахъ чиги гьечӏого, ригь гуреб заманалда къватӏиве вахъараван. Угьун хӏухьелги биччан, гьес абуна жив «первый Махӏачхъалаялда» бугеб заправкаялде хӏалтӏизе рес кколарищан бихьизе унев вугин. Гьениб бензин тӏолел лъималазе дагьа-макъабго гӏарац щолилан. Гьединаб жавабалъ гӏажаиблъизавурав дица гьесда гьикъана мун цӏалулев гьечӏевищан. Гьес бицана жив Шамхал поселокалда щуабилеб классалда цӏалулев вугин. «Щайха дуе хӏалтӏи балагьун, цӏалдолев вугев чиясе, эбел-эмен хӏалтӏулел гьечӏищ?» — ан дица цӏехедал, бицине бокьуларого гӏадин сверсвелевги вукӏун, гьес, гӏодовеги къулун, абуна жиндир эбел-эмен авария ккун хванилан ва жив кӏодоэбелалда аскӏов гӏумру гьабун вугин. Гьелъул хӏал цӏехедал, гьейги унтун йигилан, рагӏун рагӏичӏого абуна гьитӏинав цӏалдохъанас. Гьесда ракӏ гурхӏарав дида тӏокӏаб суал кьезе ва хабар халат гьабизе кӏвечӏо, ракӏ унтулеб гӏадаб асар лъугьана чорхое.

Матӏуялъусан балагьидал, нахъа гӏодой чӏарай хъизаналъулги бадиб магӏу кенчӏелеб бихьана дида.

Гӏемер кватӏичӏого ниж рехсараб заправкаялде аскӏоре щвана ва нухлулас жив гьанив рещтӏинилан абуна. Машинаги лъалхъизабун, кисинисаги бахъун, гьесухъе дагьа-макъабго гӏарац бегьана дица.

Гьес намусго гӏарац босана ва, нижее къо лъикӏги гьабун, чирахъаз гвангъизабураб заправкаялдехун балагьун ана.

Гьесда ракӏ гурхӏиялъ дида заманаялъ машина багъаризабизе кӏвечӏо. Лъикӏаб гуреб асар тана гьеб дандчӏваялъ рекӏелъ. Рокъове щведалги, гьев гьитӏинав бесдаласул гьумерги цебечӏун, къаси макьуги щвечӏо. Чандай гьединаб лъимер бугеб Дагъистаналда, 11 сон бараб заманалда гӏицӏго жиндирго гуреб кӏодоэбелалъулгицин ургъел тӏаде ккараб?!

Хириял магӏарулал, кӏвар кьечӏого тоге гьединал хӏужаби. Кӏвараб кумек гьабе гьеб хӏажат бугезе. Гьеб нахъа батула тӏаде бахъараб цӏул гӏадин.