27 январалда 70 сон тӏубана фашистазул аскаралъ сверун ккураб Ленинград эркен гьабуралдаса. Гьелъул хӏурматалда Махӏачхъалаялъул №5 лицеялда тӏобитӏана «Блокадаялъулаб Ленинград» абураб ракӏалдещвеялъул тадбир.
Ракъи-къечалъулгун квачалъул зулму хӏехьараб бахӏарчияб шагьаралъул тарих берцинго рагьана тадбиралда гӏахьаллъарал лицеялъул цӏалдохъабаз. Ракӏ бахиллъана гьезул пагьмуялда, бицунелда гъорлъе раккизеги доб заманалъул захӏмалъи рекӏелъе биччазеги бугеб бажариялда. Гьадинал цӏалдохъаби рукӏаго, ватӏаналде рокьи куцаялъул иш жагъаллъизе гьечӏин абураб пикру ккана.
Цӏалдохъабаз ракӏалдещвезаруна 900 къоялъ ленинградалъулаз хӏехьарал ракӏунтарал лъугьа-бахъинал. Гьелъул мурадалда лъималаз хӏалтӏизаруна хроникиял фильмаздаса бутӏабиги, дунялалдаго машгьурлъараб ва Нюрнбергалъул процессалда нугӏлъун хӏалтӏизабураб Таня Савичевалъул дневникги, блокадаялъулаб чадил кесекги гьелда хадур эхетарал гӏадамазул читӏиралги. «Ленинградалда лъугьун букӏана ракӏ унтизабулеб сихӏкъотӏи. Рагӏулеб букӏинчӏо хӏанчӏазул сас, кутузул мимиди, гьабзазул хӏапи. Гьел киналго кванан лъугӏун рукӏана. Ккана инсанасул гьан квиналъул хӏужабигицин. Шагьаралда рагӏулеб букӏана гӏицӏго метрономалъул кӏутӏи. Гьелъ бицунаан бомбабазул хӏинкъи байбихьиги – гьебмехалда метрономалъул кӏутӏи хехлъулаан ва хӏинкъигьечӏолъиги – гьединаб заманалда метрономалъул букӏунаан цокӏалаб кӏутӏи», — ян бицунеб буго видеорядалда. Ва залалда рагӏизабулеб буго метрономалъул кьаби…
Цӏалдохъабаз бицана Ленинградалъул лъималазул хӏакъалъулъ. Кигӏан загӏиплъаниги, ракъуца холел ругониги, гьел киданиги зигардулароан. Гьезухъа бажарулаан, бугеб къуватги бакӏарун, чӏахӏиязе хӏалае рахъине. Эбел-эмен хӏалтӏуда ругеб мехалда рукъалъул тӏалабги гьабуна гьез, кванил карточкабигун иргаялдаги эхетана гьел… Гӏадатияб жолъун лъугьана лъималазе инсанасул хвелгицин.
Тадбиралда ракӏалдещвезаруна Ленинградалда букӏараб Рекьулел хьоназул гӏелмияб институталъул гӏалимзабиги. Сверухъ киналго гӏадин, ракъуца холел ругониги, институталъул хӏалтӏухъабазул цонигиясда ракӏалде ккечӏо жидеца цӏунун ругел ролъулги, пурчӏинадулги, цӏоросаролъилги, картошкадулги ва цогидалги нигӏматазул хьоназул цогӏаги мугь кӏалдиб лъезе. Гьел киналго ракъун хвана, амма гьез цӏунана бергьенлъиялдаса хадуб халкъияб магӏишаталъе кӏвар цӏикӏкӏараб бечелъи – хьонал.
Блокадаялъул заманалда Ленинградалда гӏумру гьабулел рукӏарал яцал Галина ва Ирина Сухомлинскияз цӏалдохъабазе бицана жидеда бихьараб гӏакъубаялъул хӏакъалъулъ. «Гьале дихъ кодоб буго блокадаялъулаб чадил кесек. Гьеб гьабуна дол соназда чед буцулеб букӏараб къагӏидаги цӏунун ва битӏун бачӏана нижее Ракӏалдещвеялъул фондалъ. Чадидагъорлъ жубалаан семечкадул хутӏел, хъарщи хъухъан лъугьараб хӏур ва цогидал жал. Гьелъ чехь цӏезабулаан, амма гьелъул букӏунароан чорхое кинабгӏаги пайда. Хӏакъикъаталдаги шагьаралда хутӏун букӏинчӏо цониги кету, цониги хӏинчӏ. Кинабго кваналаан дол соназда. Кутул тӏагӏинарураб мехалда, шагьаралъулазе кӏудияб хӏинкъилъун лъугьана гӏункӏкӏал. Гьел эркенго хьвадулаан, кьижараб мехалда гьез кваналаан загӏиплъарал гӏадамал. Ладогаялдасан «Гӏумруялъул нух» рагьарабго, батӏияб бакӏалдаса кутул щвезаруна Ленинградалде ва гьез ракӏбацӏцӏадго тӏубазабуна жидеда тӏадкъараб иш. Гьединлъидал кутузе памятникги бана рагъдаса хадусел соназда гьениб», — ан бицана Галина Сухомлинскиялъ.
Тадбиралъул гӏахьалчагӏазул хӏаракаталъе лъикӏаб къимат кьуна гьенире рачӏарал гьалбадерицаги: Махӏачхъалаялъул Херазул советалъул председатель Гӏумар Беговас, ДРялъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб Терроризмалде дандечӏеялъул комитеталъул экспертияб советалъул председателасул заместитель Хӏажи Малучиевас, «Дагъистан» ГТРКялъул директорасул заместитель, республикаялъул ТОКСалъул штабалъул начальник Салам Хавчаевас, Шамил имамасул цӏаралда бугеб фондалъул нухмалъулев Гӏалиасхӏаб Хархачаевас ва цогидазги.
Советияб улкаялъул щивав чияс, жиндихъа бажарухъе, гӏагарлъизабуна Кӏудияб Бергьенлъи. Гьеб букӏана тадбиралъул аслияб пикру. Жакъасеб гӏелалдаса рикӏкӏалъулел руго дол соназул балагьал лъугьа-бахъиналги, бахӏарчиял гӏадамазул къисматалги. Гьебин абуни, дир пикруялда рекъон, хутӏизе ккола даимаб ва кӏочене бегьулареб тарихлъун. Ахираб заманалда дунялалъул батӏи-батӏиял улкабаз хӏаракат бахъулеб буго гьеб тарих цӏидасан хъвазе – хӏужабиги хисизарун, лъугьа-бахъиназул хӏакъикъияб сипат-суратги гӏаксалда бихьизабун. Гьедин бугеб заманалда лъикӏаб букӏинаан Махӏачхъалаялъул №5 лицеялъул цӏалдохъабаз хӏадурараб композиция республикаялъул щибаб школалда, колледжалда ва вузалдагицин бихьизабуни.