Федералияб хӏукуматалъ республикаялъе грантазе кьун буго 1 млрд 267 млн гъурущ.

Республикаялъул бетӏер Владимир Васильевас лъикӏаблъун бихьизабуна гьеб гӏарац сунда тӏад хӏалтӏизабизе бугеб абураб суал халкъалда гьоркьоб лъей. Гьелъие чӏезабун букӏана лъабго бутӏа; тӏоцебесеб — гӏадамазул пикраби ракӏари; кӏиабилеб — онлайн–гьаркьал кьей тӏобитӏи; лъабабилеб — ахирисеб хӏукму къотӏиялъе хӏасилал республикаялъул нухмалъиялда цере роси. Тӏоцебесеб бутӏаялда нилъер гӏадамаз бихьизабуна жигараб гӏахьаллъи. Гьелъул хӏасилал данде росана 25 январалда ДРялъул Экономикаялъул ва териториалияб цебетӏеялъул министерствоялъ ДГУНХалда тӏобитӏараб гӏатӏидаб данделъиялда. Гьелда гӏахьаллъи гьабуна экономикаялъул министр Хӏажи Султӏановас, Жамгӏияб палатаялъул председатель Гӏабдулхӏалим Мачаевас, ДГУНХалъул президент Хӏамид Бучаевас, политологал – экономистаз, экспертаз. Министрас кьурал баяназда рекъон, бихьизабураб болжалалде, ай 22 январалде щвезегӏан министерствоялде битӏун бачӏун буго 11 азаргоялдаса цӏикӏкӏун предложение. Гьел рачӏана Дагъистаналъул киналго районаздаса (бищун цӏикӏкӏараб къадар буго Гъизилюрт районалдаса – 35, бищун дагь Гумбет, Болъихъ, Курах, Лъаратӏа, Хив, Хунзахъ, Чӏарада ва Шамил районаздаса – цо-цо), шагьараздаса (бищун цӏикӏкӏун Махӏачхъалаялдаса – 4942, бищун дагь Дербенталдаса – 18) ва Москваялдаса (44) Санкт-Петербургалдаса (2). Гьел руго экономикаялъул ва социалияб гӏумруялъул 13 бутӏаялда хурхарал. Гьездаса шагьаралъулал шартӏал лъикӏлъизариялъе 9096 предложение, сахлъи цӏуниялъул идарабазул – 491, ЖКХялъул хӏалтӏуда хурхараб 404 предложение. Бихьулеб буго гӏадамаз дагьал предложениял рачӏун рукӏин предпринимательствоялда, тӏабигӏат цӏуниялда, росдал магӏишаталда хурхарал. Дир хӏисабалда, гьелъие гӏиллалъун буго гӏадамазухъе, хасго росабалъ гӏумру гьабулезухъе, хӏажатал баянал жеги щун гьечӏолъи ва гьезда цӏех-рех тӏобитӏулеб букӏин лъачӏолъи.

Данделъиялъул гӏахьалчагӏазул пикруялда рекъон, кӏиабилеб бутӏаялде росизе хӏажалъи гьечӏо федералиял ва республикаялъул хасал программабаз, миллиял проектаз тӏуразе хӏисабалде росун ругел масъалаби. Гьединлъидал гьез тӏаса рищана гьел программабазде гьоркьореги унарел, гӏадамазги кӏвар буссинабурал суалал. Гьезул онлайн-гьаркьал кьей ине буго гьаб анкьалдаса байбихьун 11 февралалде щвезегӏан. Гьениб бищун цӏикӏкӏун гьаркьал щварал суалал – масъалаби росизе руго республикаялъул нухмалъулесухъе.