Цӏех-рехазул Дагъистаналъул федералияб централда (ДФИЦ) тӏобитӏулеб буго гӏелмияб сессия. Январалъул ахиралда байбихьараб гьеб халалъизе буго Гӏелмуялъул къоялде, ай микьабилеб февралалде, щвезегӏан.

28 январалда гӏелмияб сессия тӏобитӏана ИЯЛИялда. Гьелда гӏахьаллъана ДФИЦалъул президиумалъул председатель Къурбан Акаевги.

Данделъиялда гьаруна 2019 соналда гӏуцӏун рукӏарал тадбиразул ва гьабураб хӏалтӏул хӏасилал. Адабияталъулги, искусствоялъулги, фольклоралъулги, грамматикиял цӏех-рехазулги ва лексикаялъулгун лексикографиялъулги отделазул нухмалъулез бицана лъагӏалида жанир рахъарал гӏелмиял макъалабазулги, тӏоритӏарал дандеруссиназулги, СМИязул вакилзабазулгун рукӏарал дандчӏваязулги, цогидаб хӏаракаталъулги хӏакъалъулъ. Бицана щибаб отделалда церечӏарал масъалабазулги дандчӏвалел захӏмалъабазул хӏакъалъулъги.

Масала, лексикаялъулгун лексикографиялъул отделалъул нухмалъулев, филологиял гӏелмабазул доктор Мажид Халиловас абуна:

«Кӏудияб масъалалъун лъугьун буго институталъе гӏалимзаби куцайги. Аспирантура къана. Дагъистаналъул мацӏазулгун адабияталъул цӏех-рех гьабун бажарулел гӏалимзаби хӏадурун бажаруларо федералиял гӏелмиял центразда ругел аспирантураялда – гьенир гьечӏо гьелъие санагӏатал шартӏал, масала, гьечӏо мацӏазул махщелчагӏи. Бокьилаан, нилъерго ДФИЦалда аспирантура рагьиялъе тӏалаб гьабуни», — ян.