Балагьараб мехалда, «РФялда хъизамалдагун рукӏа-рахъиналда зулму гьабунгутӏиялъе тадбирал гьариялъул хӏакъалъулъ» абураб законопроект квешаб гьечӏин ккола. Амма кӏвар кьун балагьараб мехалда бичӏчӏулеб буго гьеб закон тасдикъ гьабуни рукӏине ругел квал-квалалги санагӏат рекъечӏел рахъалги.
2016 соналда РФялъул Пачалихъияб Думаялъул данделъиялда тӏоцебесеб нухалда цебелъуна рехсараб законопроект. Гьеб нахъчӏвана, амма 2019 соналда гьеб цӏидасан къватӏибе бахъана. Гьелъие гӏиллалъун рехсолеб буго, хъизамалда зулму гьабиялда бан, Европаялъул судалде россиялъулазул хитӏабал гӏемерлъи. Иргадулаб нухалда гьелъул халгьабуна исана 25 январалда.
Бицен гьабулеб законопроекталъул буго 25 статья. Гьелда рехсолел «такъсиралгун тамихӏалги» гьезул халгьабулел ва гӏайиб чӏезабулел идарабиги цӏидасан гӏуцӏичӏого, гьабсагӏаталда улкаялда хӏалтӏулел ругел къануназдаса пайда босиго лъикӏаб гьечӏищ? Гьединаб пикру данделъиялда загьир гьабуна РФялъул Миллияб умумузул комитеталъул председатель Ирина Волынцевалъги. Президентасда цебеги федералиял идарабаздаги хъизамалъул ихтиярал цӏунун цее яхъуна гьей. Масала, лъимал хьихьулей эбелалъе моцӏрол харж чӏезабизе кколин абураб пикруги тӏоцебе загьир гьабуна гьелъ. (Гьанже Федералияб Собраниялде гьабураб Хитӏабалда Владимир Путиница лъазабуна, лъимералъ лъабго сон базегӏан эбелалъе харж кьезе бугин абун). Волынцевалъ суал лъуна, хъизамалъулги лъималазулги масъалаби тӏураялъул мурадалда хасаб министерство гӏуцӏизе кколинги. «РФялъул хӏукуматалда гьечӏо эбелалъулги хъизамалъулги масъалаби тӏуразарулеб цогояб идара. Гьел масъалаби рикьун руго батӏи-батӏиял идарабазда гьоркьор. Гьел идарабаздаги хӏалтӏулел руго лъималги хъизамги гьечӏел хӏакимзаби. Дир пикруялда рекъон, лъимал гьечӏев чиясда хъизамалъул масъалаби ричӏчӏизе рес гьечӏо!» — ян абуна гьелъ.
Цӏияб законалъул проекталъул хӏакъалъулъ пикру цӏехон гьей щвана улкаялъул батӏи-батӏиял регионазде. Дагъистаналъул Жамгӏияб палатаялдаги тӏобитӏараб Жамгӏияб палатаялъул данделъиялда гьоркьоб лъун букӏана гьеб суал. Гьединаб закон хӏажат гьечӏин абуна 44 чияс. Цо чияс лъазабуна, жинца проект мухӏканго цӏаличӏин ва пикру загьир гьабун бажаруларин абун. Нилъер хасияталъеги халкъалъул тарбиякьеялъеги рекъонкколеб закон гуро гьеб», — ан бицана ДРялъул Жамгӏияб палатаялъул председатель Гӏабдулхӏалим Мачаевас.
Хъизамалда яги батӏияб бакӏалда вукӏаго инсанасе зулму гьабиялъухъ тамихӏ гьабула РФялъул Административияб низам хвезабиялъул ва уголовнияб кодексалъул статьябазда рекъон. Рехсарал законаз гьукъула инсан вухизеги, гьесул черхалъегун сахлъиялъе зарал гьабизеги. Гьединлъидал цӏияб законопроекталъ низамалде бачине кколеб буго гӏицӏго моралияб зарал гьабиялъул иш. Мисаллъун рехсезе бегьула эмен лъималазде семи (малъараб гьабунгутӏи сабаблъун).
Къокъго абуни, цӏияб законалъ зулмулъун рикӏкӏине буго хъизамалда билълъанхъараб гӏадлу чӏезабиялъул мурадалда гӏуцӏулел тадбирал. Масала, сардилъ къватӏахъ вукӏунгеян абун, инсуца васасе гӏадлу гьабуни, васасул ихтияр буго, «жиндие зулму гьабулеб бугин» абун хитӏаб гьабизе. Гьебмехалда инсуе гьукъизе буго хъизамалда гьоркьов вукӏине. Гьезда аскӏове къагеян лъазабун хадуб эмен рокъове вачӏани, гьев туснахъалде тӏамизецин рес буго.
Экспертазул пикруялда рекъон, «Хъизамалда зулму гьабиялъул хӏакъалъулъ» абураб закон къабул гьабуни, щибго гӏилла гьечӏев чи махӏрумлъула лъималазе тарбия кьеялдасаги жиндирго мулкалдаса пайда босиялдасаги. Гьелде тӏадеги, гьеб законалъ рагьулеб буго ришватчилъиялъе нухги. Хӏакъикъаталдаги зулму гьабулев чиясе рес буго, ришватги кьун, жиндир хӏакъалъулъ баянал рахчиялъеги. Гьединабго рес щвезе буго гӏарац хириял гӏадамазеги. Масала, «бечелъизе руго» зулмуялъукье ккарал гӏадамазул жагъаллъараб сахлъи цӏуниялъул мурадалда рагьизе ругел идарабазул хӏалтӏухъабиги гьединал идарабазда хӏалтӏизаризе абун батӏи-батӏиял программаби хӏадурулел психологалгун эксперталги.
Дагъистаналъул халкъазул руго жидерго хасал гӏадатал, рукӏа-рахъиналдагун хъизамалда рилълъанхъарал низамал. Масала, нилъеда мекъаблъун бихьула чӏахӏиязул адаб рехунтей, гӏисиназул тӏалаб гьабунгутӏи, чӏужугӏадан бихьинчиясде гьаракь борхун кӏалъай ва гь.ц. Нилъеца лъимал ритӏула гӏи-боцӏул тӏалаб гьабизеги, иццухъа лъел гӏеретӏ цӏезеги, мадугьаласе кумекалъеги. Гьеб рикӏкӏунаан гӏолеб гӏелалъе тарбия кьеялъул аслулъунги хъизам-жамгӏияталъул цолъи-гъункиялъул кьучӏлъунги. Рехсараб законалъул проект къабул гьабун хадуб, гьединаб тарбиякьеялда абизехъин буго «хъизамалда зулму гьабилъун».
Хъизамалда зулму гьабилъун щиб рикӏкӏине кколеб, законопроекталда рекъон? Документалда абулеб буго: «хъизамалъулаб рукӏа-рахъиналъул зулму ккола цебеккунго ургъун, чӏванкъотӏарав чиясул черхалъе яги гьесул психикаялъе, яги гьесул мулкалъе зарал гьаби; гьеб заралъул букӏунаро административияб правоялда яги уголовнияб такъсиралда релълъараб хасият» абун. Бичӏчӏулеб мацӏалде буссинаби, зулму гьабилъун рикӏкӏине бегьула цӏарагӏ чурулаго, гъадаро бекиги (экономикияб зулму гьаби!), йо, эбелхвад, хехго квен цебе лъеян росас лъадуде ахӏиги (психикияб зулму!), цо дие мун бокьулеб куцанги абун, лъимер беэдулаго, гьесда квер кӏутӏиги (физическияб зулму!).
Кинха чӏезабулеб пуланаб хъизамалда цояс цогидасе зулму гьабиялъул хӏужа? Гьединаб баянгун низам цӏунулезул идараялде телефоналдаса кӏалъазе бегьула гьебго хъизамалъул чиги, мадугьалги, къотӏносан унаго, пуланаб рокъоса ахӏи-хӏур гӏинда чӏварав нухлулавги. Рехсараб законопроекталъул щуабилеб статьяялда рекъон, гьединаб баяналъул цӏех-рех гьабизе тӏадаб буго полициялъулги, федералияб ва регионалиябгун бакӏалъулаб нухмалъиялъулги, прокуратураялъулгун социалиял хъулухъазулги идарабазда. Нилъер аби буго, рукъалъул хабар къватӏибе гьурщугеян абун. Нухлуласда зулму кьейлъун пуланаб хӏужаги бихьун, гьес рехсарал идарабазул цоялде хитӏаб гьабиялъул хӏасилалда нилъер хъизамал ккезехъин ругеб бакӏалъул хӏисаб гьабеха.